Запись

Къадруяв политик ва гIадатияв инсан

Гьалмагъасул хIакъалъулъ пикраби   11 январалда къадаралде щвана Россиялъулги Дагъистаналъулги пачалихъияв ва политикияв хIаракатчи МухIамад Юсупов ГIакъилав ва цIодорав политик МухIамад Юсупов хванилан хабар бачIиндал, социалиял гьиназдасан гьесул хIакъалъулъ пикраби загьир гьаруна гьесда цадахъ хIалтIаралги инсан хIисабалда гьев лъалев вукIаралги дагъистанияз.Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевас абуна, МухIамад Юсупов вукIанин бищун лъикIал нухмалъулезул цоявлъун ва ракIалдещвезабуна...

Запись

ХIакъикъат бахчизе бахунеб «пудра»

Гьабулеб хIалтIиги бицунеб рагIиги дандеккезе ккола   15 январалда Дагъистанлъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас гIахьаллъи гьабуна ДРялъул МВДялъул данделъиялда. Регионалъул нухмалъулесул пикруялда, нилъер республикаялда хIалтIи гIуцIун буго церечIарал суалал тIуразелъун гуреб, гьеб суалалда «пудра» бахун, тIаса бихьизабизелъун. Дагъистаналъул МВДялъул нухмалъулев ГIабдурашид МухIамадовас данделъиялда бицана бугеб ахIвал-хIалалъул ва гьарурал хIалтIабазул. В. Васильевас, гьесие баркалаги кьун,...

Запись

Дагъистаниясул бергьенлъи

«Гьаракь» абураб музыкалияб проекталда бергьарав Селим Алахяров ватIаналде вачIана Соналдаса соналде машгьурлъулеб буго Россиялъул тIоцебесеб каналалъул «Гьаракь» абураб музыкалияб проект. 2017 соналда гьенив гIахьаллъана Москваялда гIумру гьабун вугев дагъистанияв Селим Алахяровги. ТIубараб Северияб Кавказалъго халккун букIана кочIохъанасда хадуб. Щибаб рузман къо тIаде щвеялъухъ ралагьун рукIунаан Селимил рахъкколел. Гьале тIаде щвана бищунго жавабиял лахIзатал. Селимил хадусеб...

Запись

КьучIдасанго хисун буго

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев дандчIвана республикаялъул СМИязул вакилзабигун   ДандчIвай тIобитIана Гьудуллъиялъул рокъоб. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председателасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIамидовги, ДРялъул парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовги, ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги. Владимир Васильевас журналистазда баркана Печаталъул къо. Гьесие журналистаз кьуна гьадинал суалалги. — Дагъистаналъул хIакъалъулъ кинаб пикру бугеб дур? —...

Запись

Сахлъуларел ругънал

Зул хIурма терроралъул къурбанал   1996 соналъул ичIабилеб январалда Гъизляралъул больницаялде гьужум гьабуна халкъазда гьоркьосел хъачагъазул къокъаялъ Ракълилаб шагьар квегъизе гъирагун Гъизляралде рачIарал хъачагъазул нухмалъулевлъун вукIана Салман Радуев. Гьезул кверзукьа хварал гъизляралъулал ракIалдещвезариялъул тадбиразда гIахьаллъана нус-нус дагъистанияв. Гьезда цадахъ рукIана Гъизляралъул бетIер Александр Шуваловги, шагьаралъул собраниялъул депутаталги, жамгIиялгун гIолилазул гIуцIабазул хIаракатчагIиги, доб хасалил къоялъ хваразул...

Запись

№10 школалде сапар

Рамазан ГIалиевас халгьабуна школалъе балеб минаялъул   «Лъайкьей цебетIезаби» абураб федералияб программаялда рекъон, лъабго сменаялда цIалулел школазе ралел руго минаби. Балеб буго тIадеги мина МахIачхъалаялъул Юсуп Акаевасул къотIноб бугеб №10 школалъеги. Рамазан ГIалиевасда цадахъ цIибалеб бакIалъухъ балагьизе рачIун рукIана тахшагьаралъул лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулелги бакIал ралел подрядчиказул вакилзабиги. ЦIияб минаялъул буго ункъо блок: цIалул кабинетазул, мастерскаязул,...

Запись

Щиб гьабураб?

Бицана республикаялъе кIвар бугел масъалабазул хIакъалъулъ   ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас тIобитIана данделъи. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъулги, ХIукуматалъулги, ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулелги. ДРялъул хIукуматалъул пред­се­дателасул ишал тIуралев ГIаб­дусамад ХIамидовас бицана 2017 соналда гьабураб хIалтIул хIаси­ла­лъулги исана гьаризе ракIалда ругел ишазулги. Республикаялъул социалиялгун экономикиял рахъазул халгьабулел гьесул заместителазги бицана гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ.Данделъиялда...

Запись

Къалмица хъвараб гIощтIоца къотIуларо

Журналистазда, мухбирзабазда, басмабазул идарабазул хIалтIухъабазда баркула Россиялъул Печаталъул къо! Республикаялъул СМИяз кIвар бугеб бакI ккола жамгIияталъул гIумруялъулъ. Хасго кIудияб кIвар буго, дандчIвалел захIмалъабазухъ балагьичIого, журналистаз щвалде щун республикаялда, улкаялда ва дунялалда кколел лъугьа-бахъинал мухIканго лъазариялъул ва гьезие хIакъикъияб, ритIухъаб къимат кьеялъул. РакIчIарав вуго, Дагъистаналъул журналистаз хадубккунги халкъалъухъе ритIухъаб информация щвезабизе хIаракат бахъизе букIиналда. Божарав вуго...

Запись

Перечень общественных пространств

К середине февраля в муниципальных СМИ будут опубликованы перечни общественных пространств для рейтингового голосования               В среду, 10 января, врио заместителя Председателя Правительства РД Гасан Идрисов и врио Первого заместителя Руководителя Администрации Главы и Правительства РД Владимир Деревянко приняли участие во Всероссийском видеоселекторном совещании под руководством министра строительства и жилищно-коммунального...