ТIадруссана меседил медалалгун Россиялъул тIасабищараб командаялъе – тIоцебесеб бакI 25-26 ноябралда Польшаялъул Быдгощ шагьаралда юниоразда гьоркьоб тIобитIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда, Россиялъул тIасабищараб командаялда гъорлъ гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналдаса гугарухъабазги. КIигоял тIадруссана меседил медалалгун.Чемпионат тIобитIараб тIоцебесеб къоялъ бергьенлъиялъул тIадегIанаб хIокIиде вахана 86 кг цIайиялда гугарарав ГIалихан ЖабрагIилов. Финалалда ГIалихан бергьана Казахстаналдаса спортсменасдаса. Турнир тIобитIараб кIиабилеб...
