Машгьурай магIарул шагIиралъул байрамкъо кIодо гьабизе буго 11 сентябралда ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов дандчIвана Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиевалъул васалгун. Гьез бицана шагIиралъул 85-сонилаб байрам кIодо гьабиялъул хIакъалъулъ. МухIамад-Расул, МухIамад ва Жамбулат МухIамадоваз республикаялъул нухмалъулесе сайгъат гьаруна Фазул суратгун къватIире рачIарал почалъул къайиялъул тIоцересел экземплярал. Рамазан ГIабдулатIиповас, Фазу ГIалиевалъул гьунаралъе тIадегIанаб къиматги кьолаго, абуна...
