Стадионалда рукIана ветераналги гIолилалги Къецал рагьи гьелъул гIахьалчагIазда баркана Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместителасул ишал тIуразарулев Анатолий Карибовас. «ТIадагьаб атлетика ккола «Спорталъул къирал». Гьеб машгьураб буго нилъер республикаялдаги, ва щибаб соналдасан цIикIкIунеб буго гьелда гIахьаллъулезул къадарги. ТIадагьаб атлетикаялъ лъадарула черх ва спортивияб хасият, гьеб ккола сахаб гIумру гьабиялъе гIолилазе лъикIаб мисаллъун. КIудияб кIвар буго гьелъул...
