ТарихчагIазул баяназда рекъон, цIар щиб абуниги, терроризмалъул гIаламатал кидаго рукIана. Машгьурав гIалимчи ва философ, насраниязулгун католиказул килисаялъ жидер мугIалимлъун рикIкIунев вукIарав Фома Аквинскиясцин бегьулеблъун рикIкIана халкъалъе вокьуларев нухмалъулев чIвазе кколин абураб пикру. ХIХ гIасруялда Россиялда рукIарал анархистазул рагIи билълъарав вакил, жигарав хIаракатчи Бакуниница рахъ кколаан цIияб, лъикIаб, гIадатияб халкъалъе пайдаяб гIуцIизе ккани, гьабсагIаталда...
