80 сонилаб борхалъи Дагъистаналъул щибаб районалъул буго жиндирго газета. Щибаб газеталъул руго жиндирго цIалдолелги: цоязул дагь, цогидазул цIикIкIун. Амма, газеталъул хIалтIухъабаз, мухбирзабаз, жидеего щолеб мукъсанабго харжалъухъ балагьичIого, гьабулеб буго тIадаб хIалтIи, хIаракат бахъулеб буго районалъул гIумру, гIадамазул магIишат бихьизабизе, масъалаби рорхизе. МагIарул районазул газетазул бищун лъикIазул цояблъун, цебесеб кьерда бугеблъун рикIкIуна «ЦIумадисезул гьаракь» абураб...
