Ахираб кIиго соналда жаниб тахшагьаралда гьабуна цебеккун киданиги гьабун букIинчIебгIан гIемераб хIалтIи Тарихалъ нугIлъи гьабула Биценалда рекъон, жакъа МахIачхъала бугеб бакIалда анкьабилеб гIасруялда хазаразул Семендер абулеб шагьар букIун буго. МахIачхъалалъул тарих бухьараб буго гIурусазул пача Петр ТIоцевесесул цIаралдаги. 1722 соналда гьев щун вуго гьениве, ва жакъа маяк бугеб бакIалда гьес лъун буго гамачI. Цадахъ рукIараздеги...
