Дагъистаналъул чIухIи — ГIали ГIалиев 29 ноябралда 85 сон тIубана машгьурав гугарухъан, дунялалъул щуцIул чемпион гьавуралдаса ГIали ГIалиев — дунялалда цIар рагIарав гугарухъан. Гьавуна 1937 соналъул 29 ноябралда Гъуниб районалъул ЧIохъ росулъ. ЛъугIизабуна Дагъистаналъул медицинаялъулаб институт. Вахъана медицинаялъул гIелмабазул кандидатлъун.ГIахьаллъана лъабго олимпиадаялда — 1960, 1964, 1968 соназда. Эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул щуцIул чемпион (1959, 1961,...
