Исана 60 сон тIубалеб буго РАНалъул ДНЦялъул физикаялъул институт рагьаралдаса — ГIелмуялъул кинаб рахъ тIасабищараб дуца?— ГьабсагIаталда дун вуго гIодорегIанасел температурабазул цIех-рехал гьарулеб лабораториялъул нухмалъулев. Нижеца халгьабула — 269° температураялдаса бахъараб рукъалъул температураялде щвезегIан батIи-батIиял жалазул хасият кин хисулебали.— Сундуе хIажалъулел гьединал цIех-рехал?— Нилъеда сверухъ бугебщинаб жоялъул температура хисараб мехалда загьирлъула батIи-батIияб гIамал. Чанги...
