Исана лъагIалил ахиралде щвезегIан 35000 чи хIалтIудалъун хьезавизе вугин бицана дагьал церегIан къоязда республикаялъул нухмалъиялъ тIобитIараб данделъиялда ДРялъул экономикаялъул ва бакIалъулаб цебетIеялъул министр ХIажи Султановас. Гьесул рагIабазда рекъон, 18000 чиясе хIалтIулаб бакI гьанжего гIуцIун буго. Гьелда гьоркьоре уна къокъаб заманаялъе хIалтIи щваралги. Официалиял баяназда рекъон, Дагъистаналда хIалтIи гьечIезул къадар 9,9 проценталда бащалъула. Гъоркьисаялде дандеккун исана...
