ГIадамазул рукIа-рахъин лъикIлъизабиялъул ва басрияб минаялъуб гIумру гьабун ругезе заманалда рекъарал шартIал чIезариялъул мурадалда гIуцIараб «Ветхое жилье» абураб программма Россиялъул регионазда хIалтIизе байбихьана 2002 соналда (Дагъистаналда гьеб хIалтIулеб буго 2013 соналдаса нахъе). Гьеб программаялда рекъон, тIолабго Россиялда эркен гьабураб басрияб мина-карталъул (гIадамал жанире рахъараб цIиялъулги) гIатIилъи бахана 15 млн кв метралде, жеги гьабизе...
