Газ бачун бахъинабиялъул щиб кколеб бугеб республикаялда? 2025 соналде щвезегIан магIарул киналго росаби газалдалъун хьезаризе хIадур гьабураб хасаб программа буго пачалихъалъул. ГьабсагIаталда газ щун буго Хьаргаби, Хунзахъ, Гумбет, Унсоколо гIадал районазде. Газалъул магистралияб мухъ бачине байбихьизехъин буго Гъуниб, ГIахьвахъ ва цогидал районаздаги. Къокъ гьабун абуни, магIарул щибаб гъасда хъахIилаб цIатари гвангъила кватIичIого....
