«Дагъистан» РИАялда тIобитIараб пресс-конференциялда росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министр Мухтарбий Аджековас бицана лъагIалида жаниб министерствоялъ гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ. Гьесул рагIабазда рекъон, лъикIал хIасилал рихьизарун руго цIибил ва пиринчI гIезабулез. Масала, исана пиринчIалъул бакIарун буго 138 азарго тонна (гъоркьиса бакIараралдаса щуазарго тоннаялъ цIикIкIун). КIвар бугеб масъала ккола бакIарараб пиринчI нилъер гьанибго къачIай. Гьединлъидал исана хIалтIизе...
