ХIалтIизабунги бажаричIого, 8,3 миллиард гъурущ пачалихъалъул казнаялде нахъбуссинабуна нилъер республикаялъ араб соналда. Демографиялда ва лъай кьеялда хурхарал миллиял проектазе биччан букIараб гьеб гIарцул 43 процент гурони харж гьабун бажарунцин гьечIо. Гьебго куцалда 10 млрд гъурущ 2018 соналдаги нахъбуссинабун букIана.Миллиардазул къадаралда бюджеталъул гIарац Москваялде нахъбуссинабизе ккани, халкъалъул киналго гIузраби тIуран ругин Дагъистаналдаян кколеб батила федералияб централда....
