ГIемертIалаял минабазда гIумру гьабулел гIадамазухъа ахирал соназда бакIарулеб буго капиталияб ремонталъухъинги абун г1арац. 2014 соналда байбихьана гьединаб тадбир Дагъистаналдаги. Щуго соналда жаниб гьабураб хIаракаталъул хIасилалъул хIакъалъулъ журналистазе бицана регионалияб операторасул нухмалъулев МухIамад ГIалиевас. — 2014 соналдаса нахъе къачIана 283 гIемертIалаяб мина. Гьелдалъун гIуцIана 40 азаргоялдаса цIикIкIун дагъистаниясул гIумруялъе санагIатал шартIал. Исана...
