8 сентябралда МахIачхъалаялда Россиялъул тарихалъул музеялда тIобитIана социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистан цебетIезабиялъул бицунеб конференция. Гьелда гIахьаллъана СКФО цебетIезабизелъун РФялъул Минэкономразвитиялда цере гIуцIарал Департаментазул директорзаби Игорь Храновский, Камил Бексултанов, ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов, хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирханов, батIи-батIиял идарабазул нухмалъулел ва экономистал. Конференциялда гьоркьор лъун рукIана 2024 ва 2030 соназде щвезегIан...
