5 сентябралда Владивостокалда байбихьана Бакъбаккул рахъалъул экономикияб форум. Исана анкьабилеб нухалъ тIобитIараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана щуазаргоялдасаги цIикIкIун чи. Гьаруна рикIкIен гIемерал къотIи-къаял, рукIана презентациял. Форумалда аслияб кIалъай гьабуна улкаялъул нухмалъулев Владимир Путиница. 7 сентябралда тIобитIараб форумалъул пленарияб данделъиялда гIемераб жо бицана гьес. БатIи-батIиял пачалихъаздаса гIемерал гьалбал данделъараб гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул нухмалъулев...
