Инсанасе — квегIенлъи, тIабигIаталъе — цIуни Дагъистаналда бахъизе рес бугеб газалъул нахърател гIага-шагарго бащалъула 50 млрд куб. метралда ТIабигIаталъул шартIазул бечелъиялъул (ралъад, лъикIаб ракь, мугIрул, рекъараб гьава-бакъ) рахъалъ Дагъистаналде гIагарлъулеб регион Россиялда гIемер гьечIин абуни, мекъи ккеларо. ГIемер бицуна тIабигIиял сурсатазул рахъалъги Дагъистан бечедаб букIиналъул, республика жибго жинца хьезабизе, кинабго нилъее хIажатаб парахатго чIезабизе ресал...
