ЧIарада районалъул Гьочоб росулъа ТIалхIатов МухIамадхан гIемерал соназ хIалтIана ДРялъул Ралел бакIазул ва ЖКХялъул министерствоялъул батIи-батIиял хъулухъазда, вукIана министрасул заместительлъунги. 2013 соналдаса нахъе хIалтIулев вуго капиталияб ремонталъул фондалъул нухмалъулесул заместительлъун. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвариги. — МухIамадхан, 2013 соналда гIуцIараб фондалъул хIалтIи буго гIемертIалаял минабазда гIумру гьабулел гIадамазухъа гIарацги бакIарун, гьел къачIай. Гьелде щвезегIан...
