Запись

Басриялъул бакIалда цIияб

      Бича-хисиялъул ва кванагьекъеялъул бакIал рагьулел рукIиналъул гурони, цо щиб бугониги гьабулеб ва гIуцIулеб производствоялъул пред­приятие рагьиялъул хабар къанагIатги рагIуларо. Гьеле гьединал, ай къанагIатазда гьоркьоб буго Каспийск шагьаралда аскIоб, «Уйташ» инвестмайданалда хIалтIизе биччараб, басрияб, хвараб пленкаги бакIарун, гьелъул гранулал гьарулеб «ДагПолимер» завод. 2020 соналда Дагъистаналъул экономикаялъул бищун кIвар бугеб 10 лъугьабахъи­налда гьоркьоб тIоцебесеб...

Запись

КIагьадерил заводалъул пихъил тIагIамги дуниялги

       Дида ГIарипов МухIамад рагIун гурони, вихьун лъалев чи вукIинчIо. Амма 35 соналъ гьес нухмалъи гьабураб кIагьадерил консервал гьарулеб заводалъул хIакъалъулъ рагIичIев чи республикаялдаго къанагIатги ватиларо. ГIемераб хIалбихьана гьесул бетIерлъиялда къватIибе биччараб нигIматалъулги. МоцIалъ цебе гIадин газеталъул редакциялда ккана гьесулгун лъай-хъвайги.     МухIамад гьавуна Гумбет районалъул Ингишо росулъ. ГIодоса тIадего магIишат гьабизе...

Запись

«Шагьаралда рукъ гьечIони, цониги банкалъ кьолеб гьечIо кредит»

      Гьал къоязда Дагъистаналъул нухмалъулев Сергей Меликовасухъе Хунзахъ районалъул Харахьи участокалдаса гIадамаз кагъат хъвана гьеб росулъ бугеб консервазул заводалъе кумек гьабеян.        Сверухъ бугеб 17 росулъа гIадамалги хIалтIун, санайилго лъабго миллион банка биччалеб букIараб заводалда советияб заманалдаса нахъе жеги цIунун хутIун бугин къайи-цIа, амма букIине кколедухъ хIалтIи гIуцIизе ккани, цIорол цIарагI босизеги заводалъул мина...

Запись

Океаналъул гьулчи ва гьабил сас

Дунялалъул тIолалго пачалихъазда гьарулел нигIматал ратула нилъер тукабаздаги базараздаги. Амма нилъер гьаниса къватIибе щиб ва кибе унеб? Гьеб суалалъул цо бутIа мухIканго лъала Дагъистана-лъул экспортеразул ассоциациялъул нухмалъулев, Шамил района-лъул ГIуриб росулъа ХIамзатов Арслан-ГIалида. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвариги.   — Арслан-ГIали, ассоциациялъул аслияб хIалтIи щиб, щал гьелда гьоркьоре унел?— Дагъистаналда гIезегIан руго тIадегIанаб даражаялъул, лъикIаб...

Запись

Дагъистан – хIалтIи гьечIезул рахъалъ лъабабилеб бакIалда

Исана лъагIалил ахиралде щвезегIан 35000 чи хIалтIудалъун хьезавизе вугин бицана дагьал церегIан къоязда республикаялъул нухмалъиялъ тIобитIараб данделъиялда ДРялъул экономикаялъул ва бакIалъулаб цебетIеялъул министр ХIажи Султановас. Гьесул рагIабазда рекъон, 18000 чиясе хIалтIулаб бакI гьанжего гIуцIун буго. Гьелда гьоркьоре уна къокъаб заманаялъе хIалтIи щваралги. Официалиял баяназда рекъон, Дагъистаналда хIалтIи гьечIезул къадар 9,9 проценталда бащалъула. Гъоркьисаялде дандеккун исана...

Запись

Лъимги, гьуриги, хисардулеб гьава-бакъги

 Дагьал церегIан къоязда «Дагъистаналъул правда» газеталда тIобитIараб данделъиялда борхараб аслияб суал букIана «Камиялги дагь гьарун, энергиялъулаб гуч нахъе цIуни» абураб. Гьелъул бицине данделъиялда гIахьаллъи гьабизе кколаан пачалихъиял идарабазул вакилзабаз ва экспертаз. Амма гIемерисел данделъиялде рачIинчIолъиялда бан, жаваб щвечIого хутIана цо-цо суалал. Кин батаниги, нижер цо-цо суалазе жавабал кьуна гIемерал соназ энергетикалъулаб гIуцIиялда хIалтIарав, гьабсагIат экономикаялъул...

Запись

Лизингалги микрозаймалги

Нилъер гьаниб гIадатлъун лъугьун буго, жидерго хIалтIи гьабулаго пачалихъалъул идарабазул рахъалдасан квалквал гурони кумек щвей щакаб жо бугин абураб пикру. Амма руго цогидал мисалалги. Маса­ла, гьединазул цояб ккола «Дагълизингфонд» компания. Гьелъул нух­малъулев, Шамил районалъул КъахIиб росулъа МухIамад ГIариповгун дандчIвана ниж гьел къоязда.     — МухIамад, нужер компани­ялъул аслияб хIалтIи буго лизин­говиял (байбихьуда багьаялъул цо...

Запись

Кризисалъул дарсал, заманалъул ресал

Коронавирусалъ рещтIинабураб кIудияб балагьалъулгIан гIемер бицунеб суал гьечIо гьал ахирал моцIазда. Гьелъул «рагIадалда» гъоркье ккечIеб бутIаго хутIун батиларо нилъер гIумру-магIишаталъул. Нилъер экономи­каялъе гьелъ гьабураб асаралъул гIезегIан лъикI лъала «Финанс-ГРУПП», бизнес цебетIеялъе квербакъулеб компаниязул гIуцIиялъул нухмалъулей Жамиля Мелесовалда. Гьелъулгун гьабуна нижеца гара—чIвари.     -Жамиля, кинаб бугеб нужер гIуцIиялъул аслияб рахъ? -Компания рагьулаго, хIалтIи гIуцIулаго, нижер...

Запись

Бичулелъе босулев камуларо

МахIачхъалаялда бугеб бизнесчагIазул ассоциациялда гьоркьове уна анлънусгоялдасаги цIикIкIун чи. Гьезул цояв ккола Шамил района­лъул Ракьуб росулъа ГIали ХIасановги. Гьес лъугIизабуна ДГУялъул советияб дармилаб факультет, хIалтIана даран-базаралъул бутIаялда. 1994 соналдаго рагьана магIишатияб къайи-цIа бичулеб тукен ва гьабсагIаталдаги вуго гьеб хIалтIуда. — ГIали, щиб гIиллаялдалъун дуца тIаса бищараб дармилаб факультет?— Дун гIуна Гъизилюрт районалъул Стальское росулъ. РакIалда...

Запись

«ЧIегIераб» меседил «мазгарул» кунчIи

МагIданазул ва тIабигIиял сурсатазул рахъалъ Россия дунялалда тIад бищун бечедаб пачалихъ бугин абула. Гьезда гьоркьоб кIвар бугеб бакI ккола нартицагун тIабигIияб газалъ. 2019 соналда Россиялда бахъана нартил 560,2 млн тонна, гьелъул 42 процент буго ПАО «НК Роснефть» компаниялъул (нухмалъулев Игорь Сечин). Гьелъул Дагъистаналда бугеб дочернияб ПАО, «НК Роснефть-Дагнефть» компаниялъул генералияв директор, Халкъияб Собрания­лъул депутат, Гъуниб...