ГIолеб гIелалъ мисал босизе мустахIикъал бусурбабазул кьеразулъ вуго ДРялъул муфтияталъул мугIрузулаб территориалияб округалда бугеб маслихIат гьабиялъул отделалъул нухмалъулев, Унсоколо районалъул имамзабазул советалъе щуго соналъ нухмалъи гьабурав ГъазимухIамад Абакаров.
ЦерегIанго къоязда гьес цIунана исламиял гIелмабазул докторлъиялъе диссертацияги.
Гьеб рохел гIахьал гьабун, Унсоколо районалда тIобитIана мажлисги. Гьелда гIахьаллъана ГъазимухIамадил гIага-божаралги, диниял церехъабиги, районалъул администрациялъул вакилзабиги. АхIана нашидал, бицана исламалъул гIалимзабазул гIумруялдаса лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ.
Тадбиралда гIахьаллъарав ДРялъул муфтиясул заместитель АхIмад Кахаевас бицана Дагъистан кколин гIалимзабазул ватIанилан. «Гьаниб бан букIана Европаялдацин гьечIеб гIадинаб ва динияб тарихалда кIудияб лъалкI тараб исламияб университет. ГIалимзаби руго нилъер жакъаги – гьеб ккола ТIадегIанав Аллагьасул рахIмат», — ан абуна гьес.
Нижее рес щвана ГъазимухIамад Абакаровасе цо чанго суал кьезеги.
— ГъазимухIамад, кинаб темаялда хъвараб дуца гIелмияб хIалтIи? Цогидал гIалимзабаз щиб тIаса бищун букIараб гIалимчиясул цIар цIунизе?
— ТIадегIанав Аллагьасе шукру, нижее рес щвана гIелмияб хIалтIи цIунизеги тIадегIанаб цIаралъе мустахIикъаллъун рахъинеги. Аллагьасул цIобалдалъун ва Гьесул квербакъиялдалъун ккараб иш буго гьеб. Дида цадахъ диссертация цIунана жеги лъабго чияс. Гьел руго камилаб лъайги бажариги бугел гIалимзаби. Масала, АхIмад ГIисаев ккола къогоялдаса цIикIкIун соналъ гIелмуялда тIадчIарав чи. Гьес дарсал кьола Дагъистаналъул исламияб университеталда (ДИУ). Эсенбулат ЯхIияев вуго бищунго захIматал суалазе жаваб кьун бажарулев гIалимчи. Гьевги хIалтIулев вуго ДИУялдаги ДГИялдаги (Дагъистаналъул гуманитарияб институт). Рашид ГIалимурадов – теологиялъул ва социалиябгун гуманитарияб кафедраялъул кIудияв преподаватель.
Гьайгьай, киназулго диссертациязул букIана исламияб диналда хурхараб тема. АхIмадица хъвана фикъгьиялъул, ай исламияб юриспруденциялда тIасан. Гьесул диссертациялда бицунеб буго риба гьабиялъул хIасилалда рукIунел социалиялгун экономикиял масъалабазул хIакъалъулъ. Эсенбулатица кIвар кьолеб буго гIараб мацIалда рахъарал исламиял тIахьазулъ рехсолел гIакъидаялъул суалазде. Рашидица хъван буго Къуръаналъулъ бицен гьабулел правоялда хурхарал масъалабазул хIакъалъулъ. Дица гьабуна имам Бадрудин МухIамад аз-Заркашил “Бахру-ль-мухит’ фи усули-ль-фикх” абураб тIехьалъул диниябгун тексталъулаб анализ.
— Бокьилаан дурго хIалтIуе дагьаб гIатIидго баян кьуни…
— Имам Бадрудин МухIамад аз- Заркаши вукIана машгьурав тарихчи, гIалимчи ва дагIватчи. Гьес хъван руго гIемерал тIахьал. Ва «Бахру-ль-мухит» ккола гьесул машгьурал асаразул цояб. Гьеб тIехь къачIалеб букIана дица – гьеб батана цIакъ захIматаб ишги. Мугь бищулеб кинигин ракIаризе ккана баянал, щайгурелъул я Интернеталда, я цогидаб бакIалда гьечIо хIажатал баянал. Аллагьасе рецц, гьеб масъала тIубан бажарана.
Цо-цоязда ракIалде ккезе бегьула, цогидалги хIалтIанин гьесул асаразда тIад, дуца гьабураб тIехьалъул батIалъи щибин абун. РакIчIун абила, гьедин мухIканго шаргIалде рекъон кколеб къагIидаялда гьеб тIехьалда тIад хIалтIи гьабун букIинчIо жеги. ГIицIго кьочIое росун рукIана гьесул тIехьалдаса цо- цо пикраби, цо-цо бутIаби. Амма тIолабго тIехь цадахъго лъицаниги къачIан букIинчIо.
— КигIан заман бараб гьелда тIад хIалтIулаго?
— ГIемер заман ана гьеб хIадурулаго. РекIел хIалхьи, парахалъи бикъулеб иш букIун буго гьеб. Гьединаб хIалтIи тIаде босараб мехалда хIаталдаса араб жавабчилъи букIине кколеблъиги бичIчIун, дица хIаракат бахъана гъалатIаздаса эркенаб, камилаб къагIидаялда тIехь хIадуризе.
Диссертациялъулаб советалъул данделъиялда видеобухьеналдалъун гIахьаллъана къватIисел ва нилъерго улкабаздаса гIалимзаби. Гьез гIемерал суалалги кьуна ва дир хIалтIуе лъикIаб къиматги щвана.
— Бигьаяб иш гуро гIелмияб хIалтIи. Бищунго щиб захIмалъараб?
— Аслияб мурад букIана гIадамал къосунареб къагIидаялда, киназдаго бичIчIуледухъ, ай бигьаяб мацIалда хIалтIи къачIай. Гьеб букIана бищунго захIматабги. Дие машгьурлъи къваригIун букIинчIо. ХIажат букIана дир хIалтIул кумекалдалъун инсан битIараб нухде ккезавизе. Щайгурелъул Аллагьас нилъеда тIадаблъун гьабун буго, вижараб къоялдаса даимаб рокъове инегIан лъай тIалаб гьаби.
— Дур гIелмияв нухмалъулев щив вукIарав?
— ДИУялда хIалтIулев вуго исламиял гIелмабазул доктор, Кьохъа МухIамад Сайгидов. Гьес диссертация цIунана Каиралда ва дарсал кьолел руго исламиял институтазда. Гьес дие гьабуна кIудияб кумек ва дица гьесие ракI-ракIалъ баркала кьола.
Баркала кьола дица диссертациялда тIад хIалтIулаго дие квербакъарав щивав чиясеги – хъизамалъе, районалъул нухмалъиялъе, гьудул-гьалмагълъиялъе. Дие гьабураб кумекалъухъ ТIадегIанас гьезиеги лъикIабщинаб насиб гьабеги.
— МаслихIат гьабиялъул отделалъул аслияб хIалтIи щиб?
— Цоцалъ барщарал, цоцаздаса ракI хварал гIадамазда гьоркьоб рекъел гьаби. Гьелъие хIалтIизабула хIеренаб, ракI батизабулеб, инсан маслихIаталде кантIизавулеб рагIи.
Щуго соналъ дун вукIана Унсоколо районалъул имамлъун. Гьеб заманалдаги маслихIаталъул иш тIубалаан. Аллагьасул кумекалдалъун, гIемерав чияс тIаса бищана битIараб нух.
Дир пикруялда рекъон, ахираб заманалда нижехъа бажарана районалъул хIакъалъулъ букIараб пикру лъикIаб рахъалде сверизабун. Гьеб рахъалъ гIезегIан хIалтIи гьабуна районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовасги районцоязги.