СахлъицIуни

70 флюорографияб аппараталъул цонигияб жеги щун гьечIо

 

ДРялъул сахлъицIуниялъул министрасул ишал тIуралев Танка Ибрагьимовасул гIахьал­лъигун тIобитIараб данделъи­ялда бицана Россиялъул сах­лъицIуниялъул министр Ве­роника Скворцовалъ 6 марталда республикаялде гьабураб сапаралъул хIакъалъулъ. Гьей Дагъистаналде ячIун йикIана республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас ахIун. Гьелдаго цадахъ республикаялде рачIун рукIана Медбиоэкстремалъул, Рос­здрав­надзоралъул, ФОМСалъул вакилзабиги. Гьел, тIоцебесеб иргаялда, щвана федералияб гIарцул кумекалдалъун рарал бакIазде. Масала, республикаялъул перинаталияб централде. Гьединго гьалбал щвана республикаялъул клиникияб, лъималазул больницабаздеги.
Вероника Скворцовалъ абуна медицина цебетIеялъе республикаялда гIемераб хIалтIи гьабун бугила, амма Владимир Васильевасухъе кьураб справкаялда хъван букIана кIвар кьезе кколел бакIазул хIакъалъулъ.
ЦIидасан капиталияб ремонт гьабизе кколеб хIалалда буго 49 ФАП, хасго кIудияб кIвар кьезе ккезе буго хъутабазда ругел медицинаялъул идарабазде. Дагъистаналъе кье­зе кколаан 70 флюорографияб аппарат. Жеги цониги щун гьечIо.
Лъималазул больницабазде ва поликлиникабазде медицинаялъулаб къайи-къоно босизе биччана буго 300 млн гъуруш. Руго жеги гIемерал бакIал лъикIаб ремонт гьабизе ккараб хIалалда ругелги.
Министралъ бицухъе, исана ран лъугIизаризе руго респуб­ликаялъулаб туберкулезалъул поликлиникаги, онкологикияб корпусги, Каспийскалда ва Гъи­зилюрталда поликлиникабиги.