Томск областалда гIумру гьабун вуго азаргоялдасаги цIикIкIун дагъистанияв
24 февралалда МагIарул театралъул минаялъуб тIобитIараб миллиял мацIазул байрамалда гIахьаллъизе вачIун вукIана Томск областалда вугев Дагъистаналъул миллатазул цолъиялъул нухмалъулев, спорталъул рахъалъ Томск областалъул халкъазул ассамблеялъул председателасул заместитель, Россиялъул халкъазул ассамблеялъул координатор, Закатала районалъул Макъав росулъа Авсаладин АхIмадов. Нижергун букIараб дандчIваялда гьес бицана жинцаго гьабулеб хIалтIул, тIоритIулел тадбиразул, церечIарал масъалабазул хIакъалъулъ.
— Авсаладин, кида ва щиб мурадалъе гIоло Томск областалда гIуцIараб Дагъистаналъул миллатазул цолъи?
— 2010 соналъул августалда байбихьана гьеб гIуцIизе. Гьеб жамгIияб гIуцIиялъул аслияб мурад букIана дагъистаниял, хасго магIарулал цолъизари, нилъер динги, культураги, мацIалги цIуни, гьединго гIолилазул лъайги спортги цебетIезаби. Цолъиялъул сияхIалда вуго 1000-ялдаса цIикIкIун дагъистанияв, гьездаго гьоркьов 500 магIарулав.
Нижеца жигараб гIахьаллъи гьабула Томск областалда тIоритIулел спортивиял ва культуриял тадбиразда. Масала, 2011 соналъул марталда дагъистаниял гIахьаллъана областалда тIобитIараб кочIолгун кьурдул конкурсалда. Гьебго соналъул сентябралда тIоритIана батIи-батIиял байрамалъулал тадбирал. Гьениб буго «ВатIан» абураб ясазул хореографияб ансамбльги.
— Гьединал тадбирал тIоритIиялъе гIезегIан харжал унел ратила. Лъица кумек гьабулеб?
— Нижеца цолъиялъул гIахьалчагIазухъа бакIарула членхIакъ. Гьеб гуребги, Тюменалда, Красноярскалда, Элистаялда, Улан-Удеялда, Читаялда, Иркутскалда, Кемероваялда ва Новосибирскалда гIумру гьабун ругел дагъистаниязги, хасго магIарулаз, гьабула кумек.
— Щиб хIалтIуда, сунде руссун ругел Томск областалда гIумру гьабун ругел дагъистаниял?
— Нилъерал чIахIиял хъулухъазда гьечIо, тохтурзабиги машгьурал специалисталги дагь руго. Аслияб къагIидаялда нилъер гIолохъаби хIалтIулел руго мебель гьабулел фирмабазда, ралел бакIазда, гIезегIан руго автосервисалъул бизнесалда ругелги.
— Нилъер миллаталъул гIадатал цIуниялъул мурадалда, кинал тадбирал тIоритIулел?
— ЦIияб сон байбихьула Дагъистаналъул миллатазул гьоркьоблъи щула гьабиялъул бицунел тадбираздаса. ТIоритIула гIолилазул дандеруссинал. КечI-бакъаналъул, кьурдабазул ва миллияб ратIлил кумекалдалъун гIолилазда рихьизарула магIарул гIадатал. Кьурдухъаби-ясаз нилъералги бакIалъулалги ясал ругьун гьарула кьурдизе. Гъоркьиса нижер кьурдул коллективалъе щвана тIоцебесеб бакI. 2017 соналда Новосибирскалда тIобитIараб магIарул мацIалъул къо сверана рохалилаб байрамалде, хадуб, гIолилазул гьариялда рекъон, гьениб тIобитIизе ккана хъизамазулгун гIолилазул дандеруссинги. Расул ХIамзатов ракIалдещвезавиялъул мурадалда, щибаб соналъул 23 сентябралда ахIула мавлид ва тIоритIула литературиял сардал. ЛъаратIаса магIарул мацIалъул учитель Давуд Давудовас «Халкъазул гьудуллъиялъул рокъоб» лъималазе кьола рахьдал мацIалъул дарсал.
— Нужер жамагIат цIакъ диналде машгъуллъун бугин бицунеб рагIана…
— Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо чанго мисал бачина дица. Шамил, ГъазимухIамад, ХIамзат-бег, ГIабдурахIман Даниялов, Расул ХIамзатов гьарурал ва хварал къояз ахIула мавлидал, кьола садакъа. Барнаулалда ва Сибиралъул цогидал шагьаразда тIоритIула гьединалго дандеруссинал. Киназего бокьулеб тадбир ккола Томск шагьаралъул кIудияб мажгиталда аскIоб тIобитIулеб «Ролъул бог» абулеб байрам. Гьениб белъуна мугь. АскIор ругел шагьараздаса дагъистаниялги ахIун, мажгиталъуб тIобитIула мавлид, хадуб мугьги кванала.
Нижеца кIудияб кIвар кьола исламалъул тIалабазда рекъон гIолилазе тарбия кьеялде ва гьел диналде руссинариялде. Гьеб хIалтIулъ нижее кумек щола Дагъистаналъул Динияб идараялъул гIалимаздаса.
— Сибиралъул ракьалда дагъистаниясе къварилъи ккани, цолъиялъ кинаб кумек гьабулеб?
— Томск областалда нилъер чи хвани яги цогидаб къварилъи ккани, кумек гьарун киназухъего ритIула СМСал ва къокъабго заманалда жаниб данделъула. Киналго диниял тадбиралги тIуразарун, Дагъистаналде вачинеги садакъа гьабизеги гIураб гIарацги кьун, хварасул жаназа ватIаналде битIула…
Дагъистаниязда гьоркьоб гьениб лъикIаб гьудуллъи буго. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Нилъер диналъул вацасе захIматаб операция гьабиялъе кумек къваригIун бугин вацапалдаса бараб ахIиялъ бакIарараб гIарцул кумекалдалъун захIматго унтарав кIикъого чиясе операция гьабуна тахшагьаралъул медицинаялъул централда.
— Дагъистан рикIкIуна спортсменазул ватIанлъун, Сибиралъул дагъистаниязде бахун бугищ гьеб «унти»?
— Дун ккола Томск областалъул миллатазда гьоркьор спортивиял къецал тIоритIиялъул ассамблеялъул жавабияв. Гъоркьиса нижеца тIоритIарал футболалъул, волейболалъул, баскетболалъул ва гугариялъул къецазда дагъистанияз гIемерал призалъулал бакIал росана. Имам Шамилил призалъе гIоло тIоритIана футболалъул ва волейболалъул турнирал. Гьениб магIарул гIолохъабазул «Ас-салам» абураб футболалъул командаялъ гъоркьиса тIоцебесеб бакIги ккуна.
Грек-рим гугариялъул областалъулаб чемпионаталда призалъулал бакIал росана школалъул цIалдохъан ТIагьир МухIамадовас, гьединго гIолохъаби Мурад Маликаевасги Артур ГIумаровасги. Эмин Амирханов ккола Сибиралъул ва Томск областалъул самбоялъул рахъалъ чемпион, ветераназда гьоркьов самбоялъул лъабцIулго дунялалъул чемпионлъун вахъана МалахIасан Калаев.
— Цогидал миллатазулгун дагъистаниязул кинаб гьоркьоблъи бугеб? Нилъеразда гьоркьор ругищ закон хвезабулел чагIи?
— Томск областалда «Цолъи» жамагIат къадру-къиматалда буго, нилъерал полициялде ккани, ахIун бачIуна ва нижецаго гьединасе гIадлуги гьабула. Ахирал соназда гьединал чагIи гьечIин абизе бегьула. Гьеб рахъалъ нилъер гIолохъабазда берккезе хIинкъараб хIал буго.
— Дагъистаналдаса студентал ругищ гьенир цIалулел? Ратани гьезулгун кинаб бухьен бугеб?
— Дагъистаналдаса студентал цIакъ дагь руго. Ниж гьелгун дандчIвала, гьезулгун хабар-кIал гьабула. Томск шагьаралда буго Россиялдаго цIар рагIараб анлъго тIадегIанаб цIалул заведение. Нижеца кIудияб хIалтIи гьабулеб буго гьел вузазул хIакъалъулъ Дагъистаналъул гIолилазда рагIизабизе, гьел доре ахIизе, кумек гьабула цIализе лъугьинаризе ва гьезул цIалиялдагун гIадлуялда хадуб халги ккола. Масала, Политехникияб университеталъул нартил факультеталда цIализе бегьула Дагъистаналда рокъорго чIунцин (дистанционно).
— Ахираб нухалда ватIаналде кида мун щварав, батIияб-цIияб хиса-баси бугищ гьаниб дуда бихьулеб?
— 2013 соналъул 15 сентябралда дун гIахьаллъана Дагъистаналда тIобитIараб ракьцоязул форумалда. Долдаса нахъе Дагъистан лъикIаб рахъалдехун хисун буго. Цадахъ гIисинал лъималгун, къаси сагIат цоялдацин ратана парказда тира-сверулел гIадамал. Дие гьаниб бокьулареб жо буго диналда рикьалаби гьаризе лъугьин. Бусурбаби цолъун, гъункун рукIине ккола.
Томскалъулазда нижеца бицуна хIухьбахъиялъе Дагъистаналда ругел ресазул хIакъалъулъ, амма гьанире щун рачIаразул гIарз буго ралъдал лъимги пляжги чорокаб бугин.
Нури Нуриев