Жакъа гIолеб гIелалъул пикру гьабичIони, метер кватIун ккезе бегьула
ДРялъул Культураялъул министерствоялъ хIадур гьабураб «Сценаялъул устарзабаз – дагъистаниязе» абураб проекталда рекъон, республикаялъул миллиялги ЯсикIабазулги театразде, музеязде ва батIи-батIиял выставкабазде рачун рачIуна росабазул школазул цIалдохъаби. МагIарул миллияб театралъул администрациялда, гьеб масъала тIубазе батана батIияб нух, ай жалго лъималазухъе гьоболлъухъе унеб къагIида. Гьайгьай, росабазул клубазда ва школазул данделъабазул залазда букIунаро театралъул минаялъуб гIадинаб санагIалъи. Гьениб гьаракьцин рагIула батIияб къагIидаялда, бажаруларо спектаклялъе хIажатал декорациял рекъезарунги. Амма гьел гIиси-бикъинал гIунгутIабаздасаги бергьуна нилъер магIарулазул анищаб мурад тIубай – миллияб театралъул актеразулгун чIагояб дандчIваялъе рес щвей.
Араб анкьалда къватIибе биччараб «ХIакъикъаталда» хъван букIана театралъул гIахьалчагIаз Ленинкенталда бихьизабураб спектаклялъул хIакъалъулъ. МагIарул театралъул репертуаралда къадруяб бакI кквезе мустахIикъаб «Ниж – цIияб гIел» абураб спектаклялъул хIакъалъулъ бицани, абизе ккола гьеб хIадур гьабунин «Балугълъиялде рахинчIезул ишазулги гьезул ихтиярал цIуниялъулги комиссиязул хIакъалъулъ» абураб ДРялъул законалда гьарурал хиса-басиялги «Лъимерлъиялъул анцIго сон (2018-2027)» абураб улкаялъул президентасул указги кьочIое росун. Спектаклялъул аслияб мурад буго, миллияб гIадат-гIамалалъул кьучIалда, умумузул хьвада-чIвадиялъул мисалалда гIолилал куцай, рахьдал мацIалдеги, гIагараб ракьалдеги гьезулъ рокьи цIикIкIинаби.
Умумузулги лъималазулги пикруялъул дандеккунгутIи кидаго букIана ва букIуна. Абула, лъималазул дунял бичIчIизе ккани, гьелъухъ балагьизе кколин лъимадул бераздалъунилан. Гьединаб мурадги цебелъун, хIадур гьабун буго спектакль ХIайбула ГIабдулгъапуровас. Гьесул гьеб иргадулаб хIалтIиги лъугьун буго гьанжезаманалъул масъалабазул унго-унгояб сурат бихьизабулеб асарлъун. ХIакимзабазул, бечедал гIадамазул хъизаназда гIолел ясазе кинабго щола, гIурусаз абухъе, тепсиялда тIадги лъун. Гьез рукъ-бакI бакIаруларо, партал чуруларо, квен гьабуларо. Кин гьединаз хьихьизе бугеб жидерго хъизан-рукъ? Инсул рокъоб гIадинаб бечелъи гьечIони, хIехьезе бугищ гьелъ росасул рукъ? Гьединал суалазда тIад ургъизе ккола нилъ.
Социалиял дандеккунгутIаби сабаблъун кколел руго цIалдохъабазда гьоркьор расги лъикIал гурел лъугьа-бахъинал. Ахираб заманалда гIемерлъун буго цIалдохъабаз школазде ярагъ босиялъул ва лъукъа-къотIиялъул хIужаби. Психологазул пикруялда рекъон, эбел-инсул тарбия щвечIел лъималаз, хасго гIиси-бикъинал дандеккунгутIаби сабаблъун, гьарулел руго вахIшиял ишал. Хъизамалда бугеб хIал бихьулеб гьечIо школалдаги, къайимлъи гьабулел идарабаздаги, полициялдаги. Гьезул масъалабазде кIваркьолеб гьечIо лъималазул ихтиярал цIунизе тIадал идарабазул хIалтIухъабазги. Хъизамазги хIаракат бахъула гьединал масъалаби къватIире загьирлъизе риччачIого тезе. Артистаз хIаракат бахъула гIолилазул гIумру лъазабизе. Жаваб балагьула эбел-инсуда лъимал ва гьединго гIаксалдаги, ричIчIунгутIиялъе бугеб гIиллаялъе. Бихьулеб буго лъималазухъ гIенеккизецин эбел-инсуда заман батулеб гьечIеблъи. ГIун бучIунеб гIел нилъер букIинесеб кколелъул, нижеда битIараблъун бихьуларо гIолилазде кIваркьунгутIи. Жакъайин абуни гьел куцалел «идарабилъун» лъугьун руго Интернетги, социалиял гьиналги, къватIалги. Аслияб идеологиялъун лъугьун буго гIарцул яги зарул къуват. Лъималаз мисал босула къуватасдаса ва гьединаб хIал цIунулелъул гьел, гIемерисеб мехалда, мекъаб нухдеги ккола. Хасго гьединаб къорикье кколел руго ресалда ругел эбел-инсул лъимал. ГIарацги, бокьа-бокьараб ретIинеги квинеги буго, амма камулеб буго эбел-инсулгун гьабулеб ракIжубараб накъит. Рокъоб батичIеб хинлъи балагьизе лъимал унел руго къватIахъе яги гьеб балагьулеб буго Интернеталъул кумекалдалъун. Гьеле гьел балагьаздаса жидерго лъимал цIунизе ахIулел руго эбел-эмен «Ниж – цIияб гIел» абураб спектаклялъ.
ИзахIат Сайпудинова