ХIикматал гIадатал

РекIелгъеялъе

 

Бертин гьабилалде лъабго къоялъ цебе Малайзиялда бахIаразе бегьуларо я кваназе, я лъим гьекъезе, ялъуни чвердезе.
Борнеоялдайин абуни, магьари лъелалде цебе, лъабго сордо-къоялъ бахIарал хIажатханаялде ине бегьуларо. Гьединаб гIазаб гьезда хIехьезе кIвани, цIияб хъизамалъул гIумру талихIаб букIунин рикIкIуна гьениб.
Шотландиялъулаз бахIарай, бертин гьабилелде, чвердезаюла хIарщулъ.
Швециялда, къинай яхъинчIого, чIужугIадан росасе ине бегьулароан. Гьедин гьез бихьизабизе кколаан жал лъимер гьабизе бажарулел чагIи рукIин.
Албаниялда, бертин гьабуралдаса, рос лъабго къоялъ лъадуда хъвазе бегьулароан.
Япониялдаги Норвегиялдаги тарбия гьечIолъилъун рикIкIунаро жамгIияб транспорталда рекIарал херал чагIазе бакI тунгутIи. Гьелъул гIаксалда, гьезие бакI эркен гьаби рикIкIуна харабазул адаб хвезабилъун. Щайгурелъул гьелдалъун цогидазда бихьизабулеб букIун гьел херал яги сахлъи гьечIел чагIи рукIин.
Америкаялда рос-лъадуца рестораналда квана-гьекъаралъухъ батIа-батIаго кьола гIарац.
Китаялда, гьаюраб къо баркунцин лъадуе тIугьдул сайгъаталъе кьей адаб гьечIолъиялъул гIаламатлъун рикIкIуна. Гьениб абула, гьелдалъун бичIчIизабулеб бугин рукъ гIураб къагIидаялда берцинго къачIан гьечIеблъи ва гьеб берцин гьабизе дуе бокьун букIин.
Норвегиялда лъиениги рецц-бакъ гьабизе бегьуларо. КигIан кIудияб бергьенлъи босаниги, цIалдохъанцин веццулев гьечIо тIолабго классалда цеве.
Турциялъул бихьиназ кIиабилей лъади ячине бегьуларо, тIоцеесей лъадуе анцIазарго долларалъул багьаяб месед кьечIого. Гьелдалъун бихьинчияс бихьизабулила жиндихъа чанго лъади хьихьун бажарулеблъи.
Индиялда руччабазул квер бачин рикIкIуна гьей къабихI гьайилъун.
Цебе Китаялда гIадатлъун букIана хIатIал катница дугъдазарун рухьунеб гIадат. Гьедин гьабиялъе гIиллаги букIана хIатIал кIодолъичIого рукIин. ГьитIинал хIатIал берцинлъилъун рикIкIунаан гьенир.
Ясаз захIматаб унти хIехьезе кколеб ва гьезие рилълъанхъизе захIмалъулеб букIиналъ, 1912 соналда гьеб гIадат хвезабуна. Амма улкаялъул цо-цо регионазда гьеб жеги цIунун хутIун буго.
Андаман чIинкIиллъабазда гIумру гьабун ругел, цоцазда дандчIвайдал, цояв цогидасул накалдаги кIусун, гьесда къвалги бан, гIодизе байбихьула. Гьедин загьир гьабула гьез жидерго рохел.
Тибеталъулазул гIадат буго, цоцада дандчIвайдал, мацI бихьизабулеб.
Вьетнамалда кIалъалесул бадире балагьуларо. Гьелъие буго кIиго гIилла: тIоцебесеб — вьетнамалъулазе хасиятаб буго нич, кIиабилеб – жив кIалъалев хъулухъалда вугев чи ватизе рес букIин.
Танзаниялда квегIаб квер чорокаблъун, кваранаб бацIцIадаблъун рикIкIуна. Гьединлъидал гьениб квегIаб квералъ я кваназе, я сайгъат кьезе бегьуларо.
Бенгал заливалда ругел Никобар чIинкIиллъабазда лъади ячине бокьарав бихьинчи анлъго моцIалъ бахIаралъул лагълъиялда вукIине кколаан. Гьеб болжалалда жаниб гьесие ине яс разилъани, росдал советалъ хъизан гьабизе изну кьолаан, разилъичIони, «бахIарав» жиндирго рокъове тIадвуссунаан.
Централияб Нигериялда росасе ине заман щварал ясал, кьаралъизелъун, кваназарула. Гьелъие гIиллаги ккола гьениб кьариял руччабазул къимат гьабулеб букIин ва бечедал чагIаз гьединал лъудбилъун рачунел рукIин.
Нури Нуриев