ЦIалуда, хIалтIуда, рокъоб, къватIиб ва цогидалги бакIазда, бокьарав чияс, гIилла букIа-букIунге, рекIелъ рекъолареб рагIиги абун къварид гьавула инсан. «Пашманлъуге» абураб тIехьалъул автор ал-Къараница хъвалеб буго гьединаб мехалда ракI бекизе биччагейила ва дуда лъа- йила гьес абураб рагIиялъ дуе гуреб, жиндиего зарал гьабулеблъи. Гьеб тIехьалдаса босун, гьединго, рагIаралъуса, цIаларалъуса тIадежураялги гьарун, цо-цо бутIаби рахъулел руго гьанир.
Инсан
РатIлица чийин, чоца багьадурин абухъего батила, цо-цо чагIаз инсанасе къимат кьола гьесул ратIлихъ ва чвантихъ балагьун. Гьебин абуни буго бокьараб къоялъ тIаса ине рес бугеб жо. ЧIухIарав, пахруяв, гIадамазде бер-ракIго щоларев, мискинасе кумек гурев, загIипасда гурхIел гурев, хъачIав чиясдаса щиб пайда бугеб жамгIияталъе? Лъие хIажат бугеб гьединасул берцинлъи, узданлъи, бечелъи?
Мискинлъиялъ къвал барал ругониги, рукIуна гIадамал аскIор ругезул ургъелги гьабулел, язихъасда кверги чIвалел, вакъарасе квенги, къечарасе лъимги кьолел, хIажат ккедал жамагIаталда цадахъ къватIиреги рахъунел. Гьанже пикру гьабеха, кинал гьезул талихIаллъун ругелали?
Инсанасул талихI гIуцIун буго лъабго жоялдасан: Аллагьасе рецц гьабулеб ракIалдаса, Аллагь рехсолеб мацIалдаса ва сабуралда бугеб черхалдаса. ТалихIалъул хIакъалъулъ кигIан гIемерал тIахьал цIаланиги щиб, гьеб батизе гьечIелъул гьаб лъабабго гIамалалда тIадчIей гьабичIони. Гьаб лъабабго гIамал нилъелъ камиллъани нилъ лъугьуна ракьалда лъикIлъи бекьулезул мухъилъе, лъикIал ишал гьарулезул кьеразулъе.
Аллагьасул Каламалдаги буге- лъулха: «БетIергьанасда жалги божулел, жидеца лъикIал ишалги гьарулел бихьиналги руччабиги лъугьуна алжаналде…», — ян.
***
«Цо сордоялъ дунги цадахъ рукIарал медсестрабиги захIматаб дежурствоялде ккана. Лъимер гьабулаго, кигIан ниж къеркьаниги, хвасар гьайизе кIвечIо гIолохъанай чIужугIадан. Гьелъ нахъе тана заман щвечIого гьабураб, загIипаб лъимер ва кIиго сон барай яс», — ян хъвалеб буго Африкаялъул цо улкаялда хIалтIулей йикIарай тохтуралъ. «Ниж ургъалилъе ккана, киндай хвасар гьабила загIипаб лъимерин абун? Больницаялда рукIинчIо шартIал, хIатта гьединал лъимал лъолеб инкубатор бакизе токгицин букIинчIо. Цояй сестра ана нахъарокъое, гьениса квасквасги босун ячIана, гьитIич гъорлъ жемизе. Цогидай екерана грелка босизе. Гьейин абуни ячIана магIил бералги цIун:
— Хинаб лъим жанибе тIурабго, грелка бихъун ана. Гьабин абуни букIана нилъер гьаниб хутIараб ахирисеб грелка.
«ГIодобе тIураб рахьалда хадур гIодиялъул магIна гьечIин» бакътIерхьул улкабазда абулеб гIадин, Африкаялдаги пайда букIинчIо грелкаялда хадур гIодун. Гьеб босизе я аптека, ялъуни тукен букIинчIо.
— Щибха гьабилеб? — ян абуна дица, — нилъеца лъимер лъела цIадуда аскIоб, гьелъие рекъараб хинлъи бачIунеб гIадаб бакIалда. Щайгурелъул, хинлъи щвечIони, гьитIич хвела. Нилъгойин абуни, иргадал гьелда аскIор регила, гьелда гьури чIваларедухъ. Нилъер аслияб масъала буго лъимер квачалдаса цIуни.
Нахъисеб къоялъ дун ана аскIобго букIараб лъималазул рокъое. Дица гьезда бицана нолъкъаси ккаралъул ва гьарана гьеб гьитIинаб лъимадуе дугIа гьабейилан.
— Бищун квеш ккараб жо буго нижер, — ян абуна дица гьезда, — цого-цо букIараб грелка бихъи. Гьелъ хинлъизабизе рес букIана лъимер, гьанже дагьабго гьури хъванигицин гьеб хвезе бегьула.
Дица гьединго гьезие бицана кIиго сон барай ясги йигин гьей хварай чIужугIаданалъул, жийго бесдаллъарайлъи лъачIониги, эбелалъухъ гIодулей.
Лъимал кутакалда гIенеккана дица бицунелъухъ ва киназго дугIа гьабуна. Дир пикру жиндехунго буссинабуна анцIго сон барай гIадай ясалъ. Гьей ракI-ракIалъ Аллагьасде гьардолей йикIана, жиндирго гьитIинал квералги цере ккун:
— Я, нижер БетIергьан Аллагь, Дуца нижее жакъаго цо грелка кье, щайгурелъул, метер кватIун ккезе бегьула, метералде лъимер хвезе рес буго, — ян гьарулеб букIана гьелъ.
Гьедин гьарана гьелъ гIезегIан мехалъ, бацIцIунаго магIугун ва ахиралда тIадеги жубана:
— Цо ясикIоги кье, Аллагь, гьей кIиго сон барай ясалъе, гьелда лъазе, жий Дуе йокьулеблъи ва гьелъул ракIги гъун букIине…
Гьелъул гьари рагIун гьакIкIан хутIарай дица, «Аминилан» абурабищалиго лъаларо. ТIубалареб гьари бугилан пикруги букIана, гьитIинай ясалъул анищ бихьулищин ракIалдеги ккана.
Гьединал пикрабазда дун хIалтIуде тIад юссана. Дица гьенир медицинаялъул дарсалги кьолаан. Рукъги букIана больницаялда дандбитIухъ. Дарсида йикIаго дида бихьана дир рукъалда цебе машина чIун. Дун гьение екерана, амма гьеб дун тIаде щвелалде ана. Гьеб машинаялда рукIараз дир рагъида лъун бугоан къоло кIиго килограмм бугеб кIудияб посылка.
Дир берал магIил цIуна. Дие жеги лъицаниги посылка битIун бачIун букIинчIо, лъабго соналъ гьаний хIалтIулей йигониги. Дида гьеб рагьизе бажаричIого, добго лъималазул рокъобе ахIи бана. ГьебсагIатго тIаде щвана гьениса лъимал, гьезда гьоркьой йикIана дой дугIа гьабурай ясги. Киналго тIаделъун, нижеца цо-цоккун гарацI бичун, гьелдаса квар бахъана, цинги нусги босун гьеб къотIана, жаниб бугеб жо хвеларедухъ. ЛъебергогIанасеб бер букIана дир кверазухъ балагьун, щибдай жаниб батилаян.
Бищун тIад батана чанго свитер, дица гьел лъималазе рикьана. Гьезул берал, роххиялъ кенчIелел рукIана. Хадур рахъун рачIана медицинаялъул къваригIунел алатал, чанго кишмишалъул къвачIа, конфетал… ва грелка! У, хIакъикъаталдаги букIана цIияб грелка!
Лъималазул, гIажаиблъун, гьаркьал рорчIана, дирин абуни берал магIил цIуна. Дица гьарун букIинчIо Аллагьасда грелка кьейилан, гьарулей ясалдацин гIажаиблъун йикIана. Дунго кинай гIабдалха, дугIаялъул къуваталда божуларей?
— Грелка кьурав Аллагьас ясикIоги кьун батизе бегьула! — янги ахIделаго кIанцIезе лъугьана дугIа гьабурай яс.
ХIакъикъаталдаги посылкаялъул тIиналда батана берцинаб ясикIо. Ясалъул берал цIваби гIадин кенчIана, гьей божун йикIана Аллагьас гьарараб жо кьолеблъиялда.
— Дун йилълъинищ мунгун цадахъ дой гьитIинай ясалъе гьаб ясикIо кьезе? — ян абуна гьелъ дида.
— Йилълъа, дир хирияй, дуцалъидал гьаб Аллагьасда гьарараб, — ан абуна дица гьелда, чвахулаго магIугун.
Гьеб посылкаялъ нухда бан бугоан щуго моцI. Гьеб битIун букIун буго дир рукIарал цIалдохъабаз, дунго гIадай тохтуралъ ракIалдеги щвезабун. Гьелъул ракIалде гьеб реххаравги Аллагь гурищ, битIун хIажатаб къоялъ грелка тIаде щвезе! Посылка цIечIого хутIараб бакIалда цоялъ ясикIоги лъун буго, лъималазул рукъалъе букIинейилан. Гьеле Африкаялъул гьитIинай ясалъул дугIаялъе Аллагьасул жаваб».
Хвел
Гьаб дунялалде вачIанщинав инсанас чIамизе буго хвалил кьогIлъи. Гьеб буго нилъеда я цебе ккезабизе ялъуни нахъ бахъинабизе кIолареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьасул Каламалдаги буго бихьизабураб заманалда щивав чияс хвалил кьогIлъи чIамизе ккезе букIиналъул хъван. Гьеб аятги буго Аллагьасда божулезе унго-унгояб рахIмат. Щайгурелъул рукIунелъулха гIадамал, гIемер хIинкъиялъ хIакъикъаталдаги хвезегIан чIечIого, нусцIул холел. Гьединазда лъазе рекъарабги буго щивасе бихьизабураб болжал бугеблъи. Гьеб заман тIаде щвечIого хвезе гьечIеблъиги, болжал щведал, кигIан зигарданиги, кир рахчаниги ракьалда чи толареблъиги.
Аллагьги кIочон тун гIумруялъ данде гьабураб бечелъиялъ щивго хвасар гьавизе гьечIеблъиги хIакъаб буго. Гьелъ, ай бечелъиялъ, дунялалъул магIишаталъ инсан талихIавлъунги гьавуларо. Гьеб буго цIараб болжал лъугIидал расги лъачIого тIаса унеб, тIагIун унеб жо. РакIбацIцIадал, лъикIал гIадамазул хIакъалъулъ тIахьал цIалидал, якъинго бичIчIула гьадинаб кIиго хIужа:
- Аллагьасде руссиналъул бакIалда бечелъиялде, лъималазде, хъулухъ-ишалде ва гьединабго куцалда дунялалъул пишабазде машгъуллъун рукIарал Аллагьас гьелдего машгъуллъун тола ва гьеб гIиллалъунги чIола гьединазул талихIкъиналъе.
- Аллагь ккурал, Аллагьасе мукIурал, Аллагьасул рахIмат-цIоб щвеялъул мурадалда гIумру тIамулел Аллагьасги ккола ва кIодоги гьарула. Гьединал кIиябго рокъоб (дунялалдаги ахираталдаги) талихIаллъунги рукIуна.
ПиргIан вукIана кверщел кодосев, гIемераб бечелъиялъул бетIергьан. Салманул Фарисийин абуни вукIана мискинчи. Амма гьел кIияздаго гьоркьоб хIакъикъаталдаги бугеб кIудияб батIалъиялъухъги балагьеха. «Аллагьасда божуларесул калам БетIергьанас цIакъго гIодобегIан гьабуна, Аллагьасул Калам сундасаго тIадегIан бугеб мехалда. Аллагь вуго сундаго ХIалкIолев, ГIакъилав» (9:40). Гьадин бугелъулха хирияб Каламалда.
ТалихIавги гIакъилавги чи ккола жинца дунял-ухраялъул тавпикъ, сахлъи-саламалъи даимго Аллагьасда гьарулев ва кинаб букIаниги балагь-къварилъи тIаде бачIиндал, гьелде сабруги гьабун, мунагьал чуреян, кирилъун хъваян Аллагьасде хIели балев. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Дица нужер хIалбихьизе буго, тушманасдаса зарал нужеде щвеялдалъун, ракъи-къеч биччаялдалъун, боцIи нахъе босиялдалъун, нужеде тIаде батIи-батIиял унтаби, хвелал риччаялдалъун, ракьалдаса баркат бахъун, магIишат мукъсан гьабиялдалъун. Гьезде сабру гьабурав чиясе кIудияб рохел буго Аллагьасда аскIоб», — ан.