Ранго рахъунарел объекталги хIалтIизе чагIи гьечIого хутIараб республикаги
9 сентябралда тIобитIараб ДРялъул Халкъияб собраниялъул иргадулаб сессиялда аслияб кIалъай ккана республикаялда ран рахъунел гьечIел объектазда ва гьелъие гIайибиязда тIасан.
Гьелда бан цо чанго къоялъ цебе парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовас инстаграмалдасан бадибчIвай гьабун букIана бакIал раялъулгун рукIа-рахъиналъул магIишаталъул министр Малик Баглиевасе.
«10 млрд гъурущ буго хIалтIизабичIого хутIун, заказчик хIисабалда министерство щиб гьабулеб букIараб? Гьелъие жаваб кьезе министр Малик Баглиевасе расги бигьаго букIинаро. Свакан ватани, цогидасе нух кьезе ккела», — ян хъван букIана Х. ШихсагIидовас.
Гьединлъидал киналго балагьун чIун рукIана министрас кинаб жавабдай спикерасе кьелаян. Амма гьес инкар гьабуна интернеталдасан баян кьезе. ШихсагIидовасин абуни хадусеб къоялъ добго инстаграмалдасан хъвана сессиялде хIадурлъулеб данделъиялда гьел объектазда тIасан хабар кканин.
Гьелъул хIакъалъулъ гIатIидго бицана арбагI къоялъ тIобитIараб сессиялда. ДРялъул бетIер Владимир Васильев гуревги, гьелда гIахьаллъана РФялъул Федерациялъул Советалъул вице-спикер Иляс ГIумахановги, Пачалихъияб Думаялъул депутатал Мурад ХIажиевгун Валерий Газзаевги.
Министр Баглиевас бицана исана соналда жаниб гьабураб хIалтIул.
«Масала, тIаде босун буго 24,5 миллиардалдаса цIикIкIун гъурщиде 286 объект базе. Гьелда гьоркьоса 77-яб ккола лъай кьеялъул объект — 57 ясли-ах (9100 лъимералъе бакI бугеб) ва 20 школа (9550 цIалдохъанасе бакI бугеб). Гъоркьгоги гIоларого рукIарал ясли-ахалги школалги гьанже, Каспийскиялде рагъулаб флотилия гочинабун хадуб, тIуранго къанагIалъизехъин руго», — ян бицана министрас.
Гьелда бан республикаялъул тIалъиялъе хIажат буго гьел хехго ран лъугIизаризе. Гьединлъидал цо къадаралъул хIалтIи Оборонаялъул министерствоялдаги тIадкъан буго. 77 объект базе биччараб I4,8 млрд гъурщил аслияб къадар гьеб министерствоялъ харж гьабулеб буго. Амма батIи-батIиял гIиллабазда бан рагъулал хъулухъчагIаз бакIал раялъул иш хадуб бехъерхъизабулеб буго.
Гьелъие гьадинал гIунгутIаби рехсана Малик Баглиевас: бакIазда хасал генпланал гIуцIичIолъи ва хIажатал документал цойиде ккун гьечIолъи, цинтIаго гIемерал бакIал цадахъ разе ккеялъ цо пуланаб объект бан бахъинабизе бюджеталъул гIарац гIунгутIи, хасаб лъай бугел махщелчагIи гьечIолъи (архитекторал, сметаби рахъулел чагIи, геодезистал, технологал). МоцIрое щолеб 18-20 азарго гъурщихъ гьединал, къанагIатаб махщалил чагIи хIалтIуде росизе бажарулеб гьечIеблъи.
Гьелде тIадеги, иш хIалуцинабунин ришватал росун яги бюджеталъул гIарцуе хIилла- макру гьабун батун, цо-цо чиновникал туснахъазда лъеялъгиян абуна Баглиевас. Гьес бадибчIвай гьабуна Оборонаялъул министерствоялъул ункъабилеб ГВСУялъеги (Главное военно-строительное управление). ХIалтIухъ гIарац кьеялъул рахъалдасанги нухмалъи гьабиялъулъги тартиб букIинчIила гьезул.
ГВСУялъул цIияв нухмалъулев МухIамадэмин Чамаевас жаваб кьуна жидеца объектал разе тIадкъан бугила Дагъистаналдаса подрядниял гIуцIабазда. Амма гьезул инженериябгун техникияб лъай мукъсанаб букIиналъ жидер гIемераб заман унеб бугила гьезда хIалтIи малъулаго. Гьединго объектал разе бюджеталдаса биччалеб 11 млрд гъурщил 3 млрд гурони щун гьечIила жеги жидехъе.
Хадуб депутатаз байбихьана Чамаевасе суалал кьезе. Масала, МухIамад ГIарациловас гьикъана Тарумовка районалда базе бихьизабураб лъабго объекталъул цонигиялъе кьучI лъезецин лъугьун гьечIила, гьелъие гIилла щибилан.
Чамаевас жаваб кьуна пачалихъияб контракталда гъоркь гъулбас лъун гьечIила, гьелдаса хадуб байбихьилила гьениб хIалтIи.
Мухтарпаша ГIумахановас гьикъана республикаялда 73 объект базе тIаде босулелъул, нужеца нужерго ресазул хал гьабунищин, гьединго, цого заманалда къогоялдаса цIикIкIун объект базе тIадкъарал субподрядчиказул анализго гьабунищин.
Хадубго тIаде жубана муниципалиял гIуцIабазулгун бухьенги гьабун ралагьизе бегьулаанин гьез субподрядчикалгиян.
Чамаевас гьелъие чIванкъотIараб жаваб кьечIо.
Спикерасул заместитель Камил Давдиевас кIвар буссинабуна исана 1 сентябралде гIицIго анкьго гурони социалияб объект бан бахъинчIолъиялде. Амма цебеккунго рагIи кьун букIун буго 22 объект базе.
Депутат Мухтар Оздеаджиевас рехсана доб цебехун рехсараб управлениялъул хIалтIулъ цо моцIида жаниб тIатинабун букIараб 267 гIунгутIи.
ГьанжелъизегIан рачIого хутIарал объектазул гIайиб ункъабилеб ГВСУялде гьабуна Оздеаджиевас. ТIадежоялъе, БакIал раялъул министерствоялъ гьелъухъе кьезехъин бугин жеги 11 объектги базе, амма гьеб биччазе бегьуларин лъазабуна депутатас. Гьединал бакIазде хIалтIизе росилалде цебе хасаб лъай кьолел цIалул идарабиги рагьизе кколин рикIкIунеб буго Оздеаджиевас.
Хадур кIалъана Иляс ГIумахановгун Хизри ШихсагIидов.
Гьединаб, ай хашаб хIалтIудалъун нужеца республика хьуцIилъе цIалеб бугин кIалъана ГIумаханов. Рагъулал бакIал ралезул къадру абуни улкаялда кутакалда кIудияб бугила.
Гьес Чамаевасе малъа-хъвай гьабуна хасал терминалги тарихалги рехсей жибгоги тун, чIванкъотIарал ишазде байбихьизе, щайин абуни – «гIадамазе объектал хIажат рукIун».
Ахиралда кIалъана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги.
Ресалги, гIадамалги ругин, гIарацги бугин, амма хIасил бихьулеб гьечIин абуна гьес.
Гьанже пандемия байбихьидал, объектал ралел рукIарал азербайжаналъулалги, китаялъулалги, цогидалги жиде-жидер ватIаналде тIадруссун индал, хIалтIухъабиги гьечIого хутIун руго заказчикал. Масала, Васильевас бицухъе, Азербайжаналдаса лъабазарго чи вачине кколев вуго гьаниве гьел объектазда хIалтIизе.
Машинабаздалъун гурони, хъалахъги кодоб ккун гьабулеб гIиси- бикъинаб хIалтIи гьабизе разилъулел гьечIин дагъистаниял, гьединлъидал ахIизе кколел ругин республикаялде азербайжаналъулалин бицана Васильевас.
Кин букIаниги, республикаялъул бетIерасда лъикIаблъун бихьана ккара-таралъул хIасилги гьабун, кIвараб куцалда хIалтIизе.