«Россиялъул миллаталъул цолъи щулалъизабуралъухъ» абураб премиялъе мустахIикълъаразул сияхIалда буго нилъер ракьцояй, «Соддружество женщин» абураб ДРООялъулги «Добро по кругу» абураб фондалъулги нухмалъулей ПатIимат Геличовалъул цIарги. Гьелъие гIиллалъун ккана «ГIурус учительзаби Дагъистаналда» абураб тIехь басмаялда бахъи.
ПатIиматилгун гара-чIвари гьабуна «ХIакъикъаталъул» мухбир Кавсарат Сулеймановалъ.
— ПатIимат, мун йиго медицинаялъул хIалтIухъан. Щай дуда ракIалде ккараб гIурус учительзабазул хIакъалъулъ тIехь хъвазе?
— Дица цIалана Дагъистаналде хIалтIизе ячIарай ва республикаялда гIумру арай гIурус учительницаялъул хIакъалъулъ бицунеб цо макъала. 19-20 сон барал ясал ритIун рукIана Дагъистаналде. Гьезул хIакъалъулъ пикрабалъ йикIаго, цебе бачIана дирго къисмат. Дицаги бан букIана 23 сон, росасда хадуй Афгъанистаналде араб мехалда. Дунни ана бетIергьанчиясухъе. Дол лъихъе ва кире? Гьез тIубазабуна тIадаб борч. Гьеб ккола бахIарчилъи.
Цоги нухалда цIалана добго макъала ва ракIалде ккана, цониги чияс гьезул хIакъалъулъ макъаланиги тIехьниги хъванадаян абун. Батана Жапар Рамазановас, Болъихъ хIалтIулеб заманалдаго хъвараб цо брошюра. Жеги бугоан ГIахьвахъ районалда хIалтIарал учительзабазул хIакъалъулъ хъварабги. Хадуб дица байбихьана гIурус учительзабазул хIакъалъулъ баянал ракIаризе. Ва къватIибе биччана тIоцебесеб тIехь.
— КIиабилеб тIехьалъул 800 гьумералда бицунеб буго 3000 учителасул къисматалъул хIакъалъулъ. Кин бажарараб гьелгощинал баянал данде гьаризе?
— Дун хъвадарухъан гуро. Гьеб ишалъул балъголъабазда гъорлъе яккизе ракIалдаги букIинчIо. Амма букIана кIудияб анищ – нилъер халкъалъул къисматалда нахъе хъвагIазе рес гьечIеб лъалкI тарал гIурус учительзабазул цIарал тарихалда цIунизе. Дир тIахьазда гъорлъе ана 1930-1970 соназда Дагъистаналда хIалтIарал учительзаби. Жеги хIадурун гьечIо гьедин хIалтIизе рачIарал киналго учительзабазул сияхIцин.
Дир букIана команда – волонтерал, бакIалъул администрациязул вакилзаби, школазул нухмалъулел. Щолел баянал рукIана цIакъ мукъсанал. Муниципалитетазул архивал цIунун хутIун гьечIо. Хьул букIана педучилищабазулги педуниверситеталъуги архивазде ине – гьеб хьулги хIорго хутIана. ЩвечIо баянал республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялдасаги. ТалихIалъ, лъикIаланго материал щвана республикаялъулаб архивалдаса.
ТIоцебесеб тIехь басмаялде бахъана 2015 соналда. Гьеб типографиялда букIаго, дихъе кIалъана ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялдаса. Гьез гьарулеб букIана тIахьал кьеян абун. Доб заманалда МахIачхъалаялда тIобитIулеб букIана ТIолгороссиялъул гIурус мацIалъулгун адабияталъул учительзабазул дандеруссин. Гьалбадерие рикьизе гьарана дир тIахьал. Дие тана 50 тIехь ва 250 ана министерствоялъ.
ТIехь бачIун хадуб социалиял гьиназдаса дихъе хъвана гIемерав чияс: жиндир кIодоэбел (эбел, ада, мадугьал яги учительница) щай гьоркьой тарай – гьеб букIана аслияб суал. Дидагоги лъалаан гьеб рахъалъ жеги гIезегIан хIалтIи гьабизе кколеблъи. Байбихьана цIидасан хIалтIи. Хъвана киналго шагьаразулгун районазул бутIрузухъе кагътал. Кодоб диктофонгун ва видеокамерагун, сверана росабигун шагьарал, щвана машинадул нухцин гьечIел росабалъе. Кумек гьабеян гьарана дирго гьудулзабазда.
— ТIехь хIадури бигьаяб иш гуро. Гьеб басмаялде бахъиги учузго чIоларо. Киса щвараб гьелде харж гьабизе гIарац?
— Редакторалъ абулеб букIана гьединаб кIудияб тIехь букIунарин – лъабнусгоялдаса тIаде гьумер бегьуларин абун. Амма дагь гьабизе рес букIинчIо дир. Гьадингоги къокъал баянал кьезе ккана гIемерисезул хIакъалъулъ: гьавураб ва цIалараб бакI, Дагъистаналъул щиб росулъ ва кигIан заманалъ хIалтIарав, хъизамги гьабун, гьанивгойищ чIарав яги республика тунищ арав.
ХIалтIизаруна текст бищизе, гьеб къачIазе ва гъалатIал ритIизаризе махщелчагIи. Кьуна гьезие кколеб мухьги – дир чвантиниса… ХIадурана тIехьалъул макет. ХIадурана проект ва кьуна РФялъул президентасул гранталъе. Комиссиялъе бокьана проекталда рехсараб пикру. Щвана грант ва гьелъухъ Ростовалда басмаялде бахъана тIехь. Анлъго тонна – тIахьазул гIаммаб цIайи – щвезабизе кколаан МахIачхъалаялде. Гьелъие кумек гьабуна ДРялъул почалъул нухмалъулев МахIач МухIамадовас. Гьес битIараб КамАЗалда рачIана тIахьал Дагъистаналде. Гьел цIунизе санагIатаб бакIги кьуна МахIачица.
— КъватIибе бачIана тIехь, тIубана мурад. Гьанже сундул пикрабазда йигей мун?
— Дир аслияб мурад букIана учителасул статус тIадегIан гьаби. Учителасе кьезе ккола хIалтIуда рекъараб харж. Гьеб гьечIони, гIолеб гIелалъе лъайги тарбияги кьеялъул иш рекъдизе буго. Щиб кьелеб лъималазе кваназе? Сундухъ босилеб гьезие ретIел? Гьел ва цогидал масъалабаздаса эркенго вукIине ккола учитель. Гьеб мехалда гьесие квалквал букIине гьечIо аслияб хIалтIи ракIбацIцIадго гьабизе.
ТIоцебесеб иргаялда, кIудияб баркала буго МахIачхъалаялдаги цогидал шагьараздаги жеги хIалтIулел яги хIухьбахъиялда ругел гIурус учительзабазе. Гьезухъан щвана дие цIикIкIараб кумекги мухIканал баяналги. ГьабсагIаталда гьел рикьулел руго дица – гьудул-гьалмагъзабазе, тIехь хIадуриялъе квербакъаразе. Масала, гьеб щвана Сулейман Керимовасе ва гьес кагъат хъван буго Президентасул премиялъе мустахIикъаб хIалтIи бугин абураб. Дир цIар хъван буго «шорт-листалда». Гьеб цIалана РФялъул Конституциялъулаб судалъул судия ХIадис ХIажиевас. Гьев кIалъана дихъе ва абуна, СКФОялъул тIолалго регионазда тIибитIизабизе кколин гьеб проектилан абун. РагIи кьуна гьелъие кумек гьабизеги.
Дица хIадурун буго анлъго регионалъул бетIерасухъе кагъат: Адыгеялъул, Кабардино-Балкариялъул, Осетиялъул, Чачаналъул, Ингушетиялъул ва Гъарачай-Черкесиялъул. ТIехьалда цадахъ гьезухъе битIизе буго кагъатги. Дагъистаналдаго гIадин, Северияб Кавказалъул регионаздаги, тIолабго Совет Союзалдаго хIалтIана гIурус учительзаби. Гьезул хIакъалъулъги лъицаниги хъван гьечIо. Дица тIобитIана видео-конференция Россиялъул регионазулгун. Татарстан, Хакасия, Удмуртия… Киналго рази руго проекталда тIад хIалтIизе. Сахлъиялъги рес кьуни, хьул буго гьеб проект гIумруялде бахъиналде.
РакIалда буго Дагъистаналде рачIарал цогидал махщелчагIазул хIакъалъулъ хъвазеги. Тохтурзаби, нартихъаби, инженерал… гIемер рукIана гьел.
ГьабсагIаталда хIалтIулел руго документалияб фильмалда тIад – гьебги буго проекталъул бутIа. ТIехьалъе материал бакIарулаго, видеокамераялда бахъун букIана. Гьанже гьеб тартибалде бачунеб буго Гулера Камаловалъ. Аслияб къагIидаялда балагьун хутIун руго диргун гара-чIвариялъухъ. Дун унтун йикIиналда бан, нахътIамизе кколеб буго.
РакIалда буго ГIурус театралда спектакль лъезеги. Гьелда гIахьаллъизе руго «Содружество» абураб руччабазулгун лъималазул ихтиярал цIунулеб жамгIияб гIуцIиги, ГIурус театрги, ДРялъул Культураялъул министерствоги. Спектакль букIине буго гIурус учительзабазул хIакъалъулъ.
Бокьун буго художествияб фильм бахъизеги. Гьениб бицине буго цо учительницаялъул къисматалъул хIакъалъулъ. Гьакида рекIун магIарул росулъе уней гIолохъанай учительница… Гьелъулги жамагIаталъулги бухьен, гьайгьай, гIурус ясалъулги магIаруласулги цоцахъ ккараб рокьи, рикIкIаде арай ясалъулгун гьелъул гIагарлъиялъул бухьен – гьеб кинабго загьирлъизе ккола киноялда.
ГьабсагIаталда хIадурлъизе ккола проекталъул презентациялде. Гьелъие хIажат буго гIарац. Хьул букIана Дербенталъул мэр Хизри Абакаровасде… Хьул буго ГIурус культура цIуниялъул рахъалъ пачалихъияб комитеталъул кумекалдеги. Гьелъул нухмалъулей Наталья Евсеевалъ абуна квербакъилин абун.