Хасавюрт районалъул ТIукитIа росулъ гIумру гьабулей йикIана мунагьал чураяй Жарадат Пахрудинова. Гьелъ бетIербахъи гьабулаан рокъоб рагьараб тукада къайиги бичун. Цо нухалда гьелъ дие бицана жиндирго сахаватаб ишалъул хIакъалъулъ гьадинаб хабар.
«Нижер росулъеги рачIун, гIумру гьабулеб букIана цо хъизамалъ. Росги гьечIого лъимал хьихьулей ГъазимухIамадова Зугьрал букIинчIо мина-рукъ. БукIинчIо 60 сон барай гьей гIаданалъулги цониги лъимадул кинабгIаги документ. Гьазда-дозда цере хIалтIун щвараб мухьдахъ гIумру гьабулеб букIана гьеб хъизамалъ. Дир ракI гурхIана гьезда. Ва пикру ккана гьей янгъизай гIаданалъе кумек гьабизе», — ян байбихьана Жарадатица.
Хасавюрт районалъул социалияб хъулухъалъул хIалтIухъан Халуница малъана лъималазе паспортал росизе ккани, лъимер гьабиялъул хIакъалъулъ свидетельство букIине кколин. Гьебги гьабулин судалъул хIукмуялдалъун. Жарадат ана Хасавюрт районалъул жанисел ишазул управлениялъул паспортал кьолеб отделалде.
«Гьезги абиларищха, свидетельство гьечIони, паспорт кьоларин абун. Зугьра гьаюна Даргъой. Дица хъвана гьенибе кагъат – архив бухIун бугин бачIана жаваб.
Дун ана Хасавюрт районалъул судалде ва гьикъана магIарулав судья вугищ гьанив хIалтIулеван абун. Ватана – нижерго районалъул Ингердахъа АхIмад абурав чи. Щвана гьесухъе. Бицана гьесда бугеб хIакъикъат. Росги хун, щуго лъимер хьихьулей гIаданалъ бокьал гIадаб бакIалда гIумру гьабулеб бугин, цIакъ бокьун бугин гьелъие кумек гьабизеян бичIчIизабуна гьесда. Судияс абуна, цин свидетельство гьабизе кколин абун», — ан бицана Жарадатица.
Ахирги гьабуна свидетельство. Гьанже ана паспортазул столалде. Гьезги байбихьана гизма. ГIарац къваригIун, паспорт кьоларого.
Паспорт кодобе щварабго, Жарадат ана пенсиялъул фондалде. ХIажатал документалги хIадурун, бахъана дой пуланалъе пенсия – 3000 гъурущ бачIана тIоцебе. Я захIматалъул книжка, я цогидаб щибго жо гьечIелъулха долъул. Пенсиялъул фондалда хIалтIулел ясалги «рекъезарун», пенсия бахинабуна 4000 гъурщиде.
Пенсиялъул гIарацги данде гьабун, Жарадатица байбихьана пакъиралъе мина базе. 10000 гъурщиде босана кирпич. Гьелъул бетIергьанчи Жамалица киридахъ рана къадал – анкьго метралъул халалъи бугеб бакI лъугьана.
ГIицIго къадал ран тIубалищха. ТIох ва цогидаб хIалтIи гьабизе материал босизе гIарац балагьизе Жарадат ана райисполкомалде. Гьенивги валагьана магIарулав. Гьес кьуна 5000 гъурущ. Собесалде ана – гьений йигей гIаданалъ кьуна цин 5000, хадуб – 3000 гъурущ, гIемер кумек гьабуна гьелъ. КъваригIун букIана тIохалъе шифер.
«Гьеб букIана дун хIежалде унеб сон. ГIадамасда бицун букIинчIо гьаб хIужаялъул дица. Дун ана ГIаркьухъа Юсуп-хIажихъе. Хасавюрталъул лъарал рагIалда кIудияб бакI ккун буго гьес. КIалтIа ватарав хъаравулас абуна, гьес мун къабул гьайилищали лъаларин абун. РачIун рукIарал цо руччабиги нахъе ритIанила дос. БачIана Юсуп- хIажиясул машина. Ана гьесда аскIое ва цадахъго йилълъана гьесул рокъое. Бицана дир бугеб «унти». Валлагьги гьабила кумек, щай гьабуларебанги абун, тIохда кквезе махх кьуна гьес! Шифералъе рес гьечIого йикIарай, гIекколеб тIох бугеб бокьоб гIумру гьабулей долъие щвана махх! Гьесго кьуна арматураги. Жамалица хIадурана цIулал рейкаби ва бана минаялъе тIохги. Гьеб букIана 2011 сон.
Гьанже гьей гIаданалъул йохи! Щибаб къойил ячIуна дихъе, баркала кьолей йикIуна», — ян бицана Жарадатица.
Нижеца гьелда абулаан Жара-бабаян. ГIагарлъиялъул рохел-пашманлъи гIахьал гьабизе кидаго ячIунаан гьей. Байбихьул классазул учительницалъун йикIарай гьей, Совет хIукумат биххараб мехалда, лъимал-рукъ тIубаялъул мурадалда, школалъул хIалтIиги тун, жуяна дармиде. Гьедин гIумруялъул нухде тIобитIана гьелъ жиндир ункъабго лъимер. Гьелъул гIаданлъигун сахаватлъиялъ хIайран гьарулаан ниж. ГIагарлъиялда кверчIвалей йикIуней гьелъухъа бажаричIо чиякъай Зугьрал къисматалъулъ гIахьаллъичIого. «Аллагьасе гIоло, киридахъ гьабуна дица гьеб. Зугьрае садакъадеян кьурабги, пенсиялъул бачIарабги щибаб гъурущ хъвалеб хасаб тетрадь букIана дир. Гьенибго хъвалаан долъухъе кьурабги, кванихъгун ратIлихъ харж гьабурабги гIарац. Дагь-дагьккун цIикIкIана долъие щолеб пенсияги. «КIодоца бараб мина» бихьизе гIемер чиги вачIана – районалъул лъай кьеялъул управлениялдасаги, социалияб хъулухъалдасаги. Нечезаюлаан дун, гIемер рецц-бакъ гьабун. Хасавюрт районалъул газеталда макъалацин бахъун букIана», — ян лъугIизабуна Жарадатица хабар.
Абула, нилъеца гьарурал лъикIал ишал гурони ратуларо абадияб дунялалдаян абун. Аллагьас лъикIал муъминзабазул мухъилъе ккезаюн ятаги Жара-бабаги…