ТIамуна таваккалаб гали
Дагъистаналде ячIун йикIана РФялъул сахлъицIуниялъул
министр Вероника Скворцова
Гьей щвана «ПатIимат-эбел» абураб цIар кьураб республикаялъулаб перинаталияб централде. Гьелда цадахъ рукIана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги, ДРялъул сахлъицIуниялъул министрасул ишал тIуралев Танка Ибрагьимовги, рехсараб централъул нухмалъулев Низам ГIусмановги.
МахIачхъалаялда перинаталияб центр рагьана 2017 соналда. ЛъагIалида жаниб гьениб микьазаргоялдаса цIикIкIун гIаданалъ гьабула лъимер. Центр рикIкIуна Северияб Кавказалда бищунго кIудияблъунги.
Вероника Скворцова щвана республикаялъул медицинаялъул цогидал идарабаздеги. Сапаралъул хIасил гьабулаго, федералияй министралъ гьадин абуна: «Дагъистаналъул сахлъицIуниялъ лъикIал галаби тIамун руго церехун. 2017 соналда рагьараб Перинаталияб централда жакъа къоялде гьабун буго кIиазаргоялдаса цIикIкIун лъимер. Гьеб буго тIадегIанал технологиял хIалтIизарулеб центр. Нижеда гьенир рихьана Россиялъул цогидал регионазда гьечIелги цIиял технологиял. Бихьана лъимадулги эбелалъулги реанимация гьабулеб отделениеги. Гьабулаго, лъимер хвеялъул хIужаби дагьлъун руго», — ян.
Вероника Скворцова гIажаиблъизаюна Дагъистаналъул бухIиялъул (ожогазулаб) централда гIуцIун ругел шартIазги. «Лъималазеги чIахIиязеги кумекалъе гьенир ругел аппаратазухъ балагьун, абизе бегьула, гьеб центр аслияб бугин Югалъулабги Севериябги Кавказалъул федералиял округазул центразда гьоркьоб. Гьенир хIалтIулел тохтурзабазул буго тIадегIанаб махщелги жидерго хасал хIалбихьиялгун цIигьариялги, хасго черхалъул 60-70 процент бухIун бугониги, инсанасул сахлъицIуниялъе квербакъулел», — ан бицана министралъ.
ЛъикIаб пикру буго гьелъул травматологиялъулги ортопедиялъулги, бидурихьазул регионалияб централъулги хIакъалъулъ. РекIелъ хасаб чIухIигун бицана гьелъ ветераназул госпиталалъул хIакъалъулъги. «Аслияб куцалда рекIее асар гьабула госпиталалъул тохтурзабаз – гIелмабазул кандидатал, гIолохъанал, цебетIеялде кIваркьолел, ракI-ракIалъ унтаразул тIалаб-агъаз гьабулел», — ан къимат кьуна Скворцовалъ.
Бихьаралдаса чIухIизе бачIунин абуна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевасги. РакIбохизабулеб хIужалъун гьес рехсана Россиялъул чIахIиял шагьаразда хIалбихьи щварал тохтурзаби-дагъистаниял, ватIаналдеги рачIун, цIиял технологиязда рекъон хIалтIулел рати.