ШартIал ругони, гIадамал кирего гочунаро
Пачалихъалъул кверчIвай бугони, батIи-батIиял нигIматаздалъун
республикаго хьезабизе кIола росабазда
МагIарухъа гIатIиракьалде гIадамалги гочун, гIисинлъулел ругел нилъер росабазул, цо-цоялин абуни тIуранго чIунтун рукIиналъул хIакъалъулъ нижеца цебеги хъван букIана. Росаби цIуниялъул, гьенир гIадамазе гIумру гьабиялъе шартIал лъикIлъизариялъул рахъалъ гьабулеб хIалтIи гIемерисеб бараб буго росабазул бегавулзабазул речIа-регIиялда, чIаголъиялда ва хIаракаталда. Росаби цIуни ккола нилъер тарих, умумузул лъикIал гIадатал, культура, махщел, гIумру гьабиялъул къагIида — къокъго абуни, нилъер хаслъи, мацI ва миллат цIуни. МагIарул халкъалъул хадубккун букIинеселъе кIвар бугеб суал гьеб букIиналъ, «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ кидагосеб кIвар кьола ва кьезеги буго гIагараб ракь цебетIезабиялъе бажарарабщинаб гьабулел росабазул ва районазул бутIрузул хIакъалъулъ хъвазе, гьезулгун гара-чIвариял гьаризе, гьез гьарурал пайдаял ишазул, гьаризе тIаде росарал хIалтIабазул хIакъалъулъ цIалдолезе бицине.
Жакъасеб гара-чIвари буго Хьаргаби районалъул чIахIиял росабазул цояблъун кколеб ГIаймаки росдал бегавул Мухтар ХIасанхIусеновасулгун.
— КIиго сон буго дуца росдае нухмалъи гьабулелдаса. Щиб нигатгун вачIарав мун росдал бегавуллъун, жамагIаталъул хIажалъаби лъалел рукIаралищ? Сунде кIвар кьураб, хъулухъалде вачIиндал?
— ГIагараб росдае, гIадамазе лъикIлъи, гьезул гIумру, рукIа-рахъин цебетIезабиялъе бажарарабщинаб гьабизеян, диего рагIиги кьун, лъун букIана дица кандидатура рищиязда. Росдал хIажалъабиги дида лъикI лъала. Школа лъугIун хадуб, росдал магIишаталъул техникумалдаги цIалун, чанго соналъ хIалтIана Чапаевасул цIаралда букIараб колхозалда.
Бегавуллъун вачIун хадуб тIоцебе кIвар кьуна нухазде. Ункъабго рахъалде нухал рикьулеб мугIрузул ахалъуда, танкелалда буго нижер росу. Росдал кваранаб рахъалдаса унеб нух буго Зуберха магIардасан Унсоколо районалъул ГьаракIунибехун, квегIисан — Лаваша районалде.
Росу къотIун уна Хьаргаби-ТIасажунгут нухги. ГIазу-цIад байдал, сверухъ ругел мугIруздаса росулъе ва росда аскIосан эхере унел иххаз хвезарула нухал. Гьединлъидал кверги берги кидаго нухазда хадуб букIуна. Росдал гIадамазул гIемерисеб магIишат, кулал, хурзал, харибакIал руго ТIадмагъилъ абулеб бакIалда. КIудияб квалквал букIана гьенибе бугеб нух чIунтун, машина иналъе хIинкъи бугеб, санагIалъи гьечIеб букIиналъ. ГIатIидги гьабун, чанго километралъул манзилалда къачIана гьеб нух. Регьел хIалакарабго, ччукIарулеб бакIалда, нухлул рагIалда нусго метралъул халалъиялда гьабуна къедги.
Щуго километралъул халалъиялда тIибитIун бугеб росулъ жанирги къачIана нухал. Хасго хIалкъараб хIалалда букIана Хъарча-авалалдехун бугеб нух. ГIазу-цIад хIалакиндал, кIкIалахъан унел машинаби хIарщулъ къалаан. Къокъабго заманалда жаниб кьоги бан, гьеб суалги тIубазабуна. Къедги бан, сеткаги ккун, жанибе боцIи-панз инаредухъ, къачIана хобалги, гьаруна цогидал хIалтIабиги.
— ЦIибахъараб Хьаргаби-ТIасажунгут нух рехун тун бугилан абуна. Лъил тIалабалда (балансалда) гьеб бугеб?
— 2013 соналда рагьана цебе анцI-анцI росабазул магIарулал лъарагIлъиялде хьвадулел рукIараб сухъмахънухккун гьабураб шагьранух. Нух гьабиялъе квербакъарав ХIамзат ХIамзатовасе аза-азар баркалаги буго. ХIисаб гьабе, цебе райцентралде, Хьаргабире, ниж хьвадулаан Лавашисан. Райцентралдеги нахъеги машинаялда унаго тезе кколаан нусиялда къогогIан километр нухлул. ЦIияб нухдасан Хьаргабибе буго анцIила цо километр. ГIаймакибе щвезегIан нухда хъилги тIун буго. Хьаргаби-ТIасажунгут нух Дагъавтодоралъ балансалде босун гьечIо, гьелъ нухги кIвар кьечIого тун буго. Райцентралдаса росулъе бугеб нух нижецаго къачIазе ккола. Араб соналъул ахиралда тIубараб моцI ана ччукIунги, кьуру-къед бачIунги, чIунтизабураб гьеб нух къачIалаго.
— Аслияб магIишат, бетIербахъи сундасан бугеб гIаймакдерил? Ахирал соназда магIарул росаби мигьлъулел руго рахIатаб гIумру цIехон гIатIиракьалде гочунезул къадарги цIикIкIун. Нужехъ щиб хIал бугеб?
— МагIарда цураб бакI букIиналъ ахихъанлъи нижер росулъ гьечIо. Хьихьула гIи-боцIи. Гьанже гIемер бицунеб буго росабалъ хIалтIи гьечIолъиялъул хIакъалъулъ. Росулъ чIарав чияс гьабе росдал магIишат – хьихье гIи-боцIи, жидерго бетIербахъиялъе гIологIаги рекье хурзабахъ тIоцебесеб хIажалъиялъул нигIматал. Цебе ГIаймаки сверухълъиялдаго лъалаан, картошка, ламадур, хъабахъ лъикI бижулеб бакI хIисабалда. БитIараб бицани, гьел нигIматал гIезариялде кьолеб кIвар дагьлъун буго. Дир хIисабалда, магIарухъ ракь хIалтIизабиялде пачалихъалъ кIвар кьуни, къватIиса бачIунеб нигIматалде росабазул гIадамал ккелароан. Мисалалъе, гIака хьихьарасе, гIи-хух хьихьарасе (гьебги бугеб-гьечIеб лъалареб) бетIер рикIкIун гIарац, субсидия кьолеб буго. Щай бегьулареб магIарухъ хIалтIизабураб ракьул сотих бихьун, субсидия кьезе?
Гьеб мехалда гIицIго магIаруллъиялъ хурул нигIматаздалъун хьезабилаан тIолабго республика.
Гьанибго абила, бича-хисиялдалъун, даран-базаралдалъун бетIербахъи гьабулелги дагьал гьечIо. АнцIила хадуб жалго бетIергьанаб тукен буго росулъ. Хъулухъ-ишалда гьечIевщинав чи шагьараздаги дармида гурищ ругел? Росулъ гIатIидаб рукъ-бакIги гьабун буго бича-хисулезе, къватIиса рачIаразе дармие санагIалъиялъе. Цо тайпа гIадамазул риидалил заманалда хIалтIизе къватIире уна, хаслихъе тIадги руссуна.
КIиабилеб суалалъе жаваб кьолаго, дица абила, росулъе анцIго соналъ цебего бачун буго газ, хIалтIизе ва гIумру гьабизе бокьарасе росулъ гIурал шартIалги руго. Микьнусиялда кIикъоялда анцIго цIаракиялда гIумру гьабулеб буго лъабазаргогIан чияс. Росу тун къватIиб буго церего росулъа гочарал, цIали лъугIун махщалида рекъон шагьаразда чIаралги малъун гIага-шагарго лъабнусиде гIагарараб цIараки. Аслияб къагIидаялда гьез гIумру гьабулеб буго, Буйнакскалда, МахIачхъалаялда ва Каспийскалда. Росдалгун гьезул кидагосеб бухьенги буго. Щибаб къойил росулъа маршруталъул такси уна гьел шагьаразде, къасиялде тIадги руссуна.
Росулъа къватIире гIадамал гочин нижехъ гьечIо, гьелъул гIаксалда, росу кIодолъулеб ва цебетIолеб буго.
— Росулъ гIадлу-тадбир букIиналъе гIоло, законалда данде кколарел хIужаби ккунгутIиялъе гIоло лъида мугъчIвай гьабулеб росдал бегавулас?
— Гьеб рахъалъ цIикIкIараб асар буго Херазул советалъул, гьелъул председатель Сагитов ГIабдулагьил. Гьелгун ва росдал мажгиталъул советалъул председательгун, мажгиталъул имамгун дандбала гьаризе ругел хIалтIаби, росулъ тIоритIулелщинал кинал рукIаниги тадбирал.
Росдал советалъул депутаталги дунгоги щола школалде, цогидал социалиял идарабазде, гьабула хIажатаб кумек. КIочон толаро херал, бецал, унтарал, ригь арал гIадамалги, хIаракат бахъула гьезул мурадал тIуразе.
— Хадурккун гьаризе хIисабалде росарал хIалтIаби кинал ругел?
— Аллагьас квербакъани, гьел гIемер руго. Рехселин цо-цоял. Дунял хинлъарабго байбихьизе буго гъоркьиса кьучI лъураб спортивияб зал базе, ухIладерил рохьосан, лъабго километргIан манзилалъ рогIралги лъун, росулъе бачине буго лъим. Ресал ралагьулел руго нусиялда къого лъимадуе бакI бугеб ясли-ахалъе ва участкаялъулаб больницаялъе цIиял минаби разе. Росулъе ток бачарал хIубал басралъун, бакI-бакIаздасан турун руго. Гьеб суалгун гьал къоязда дун ун вукIана «Дагъэнергоялъул» нухмалъулев ГьитIиновасовасухъе. Бугеб хIакъикъат гьесда бицана ва бичIчIизабуна. Хьул буго исана гьеб хIалтIи рагIалде бахъиналдеги.
Пайзула Пайзулаев