ВатIаналде бугеб рокьул квацIи

Санал ран цIикIкIанагIан, цIакъго бокьулеб буго умумуз нилъее тараб кIалзулаб хазинаялъухъ гIенеккизе. Гьанже гурони, гьезул магIнаги тIубанго бичIчIулеб гьечIо. РагIараб гIакъилаб ка­ламги къалмиде босизе бокьулеб буго. Руго нилъеда гьоркьорги гьединал гIадамал. Гьезул цояв­лъунги ккола дир росуцояв, Россиялъул космонавтикаялъул академиялъул академик, дунялалда­го машгьурав гIалимчи Шамил ГIалиевги. Щвана гьесухъе цIалдохъаби рачунги, щола дунгоги.

 

 

МахIачхъала шагьар. Ленинил майдан.

Гьениб эхетараб чIухIараб мина.

Анлъабилеб тIала – гьале кабинет,

Къаси нахъалъагIан бакараб чирахъ.

 

Машгьурав гIалимчи хIалтIулев вуго,

ХIалкIолев БетIергьан, цIуне гьев нижей.

ГIелмуялъул ралъад гьелчолеб буго,

Гьелъул карачелал гучлъулел руго.

 

 

Гьасухъе гIадамал гIедегIун руго,

Жакъаги кабинет кьабгIун цIун буго.

Гьасул гIумруялъул дарсахъ гIенеккун,

ГIисинал-чIахIиял паналъун руго.

 

Пикрабалъ цIидасан ТIанусив вуго,

Инсул минаялъухъ хIасратлъун вуго,

Хуриса ГIалица гьаниб бицараб

Къисматалъул къиса къалъулеб буго.

 

 

Дурго гIадатлъиялъ тIадегIанлъарав,

ТIадегIанлъаниги, гIадатлъарав мун.

Мун – гIагараб росдал къиматаб жавгьар,

Мун – инсул цIаралъул хIикматаб цо чIва.

 

Зодоб цIваялдацин цIар лъурав Шамил,

ЦIвалъун хутIила мун росуцоязе.

Росдал адаб ккурав, гIадат цIунарав,

ТIанусиса Шамил – мун нижер чIухIи.

 

Цо нухалда росдал цIалдохъабиги рачун щвана гье­сухъе. ЦIакъго лъикI къабул гьаруна гьес ниж. Гьабураб гIаданлъи рагIалде бахъинабизе гIадин, гьес ниж кваназе кафе­ялдеги рачана. Ниж гIорцIараб гIадаб мехалъ, гьимулаго, гьес нижеда гьикъана ТIануси ро­сулъ рижулел хурдуздаги тIугьудуздаги цIарал магIарул мацIалда лъида лъалелилан. РагIа-ракьанде щун, жеги гьел цIарал лъазарун рахъинчIо дир. Амма кIудияв гIалимчиясул за­ман гIун буго гьединал гIиси- бикъинал жалазде кIвар бус­синабизеги. Бокьула гьесул гIагараб росдахъ урхъараб ха­баралъухъ гIенеккизеги. Гьанир гъоркьехун кьолел руго дица кицаби-абиязда релълъарал гIалимчиясул гIакълаби. Гьал къоязда гьес тIубала 77 сон. Бо­кьун буго, гьавураб къоги бар­кулаго, машгьурав гIалимчиясе гьаризе гIелмуялъул дагьалги чIахIиял рорхалъаби мутIигI гьаризе жан-жигар.

 

 

ГIумруялъул дарсал

1) Дие бокьун буго щивав чи­ясда бичIчIизе ва лъазе жиндие щай къваригIун бугеб жинца­го гьабулеб ишали. Бокьун буго нужедаги бичIчIизе, гьеб ки­набго бичIчIун хадуб, рекIелъ рещтIунеб рохалил асар дуца­го дуего кьолел суалал ва гьезие дудаго ратулел жавабал.

 

2) Дуда цо щиб бугониги лъа­леб ва дуца гьелъул хIакъалъулъ цогидазеги бицунеб бугони, гьезда гьебги бичIчIулеб бугони, гьелъул магIна ккола гьеб дудаги бичIчIулеб бугин абураб.

 

3) ГIурус рагIабазул лъаб­го «в»вера, воля, выбор. Гьел ккола нилъер рухIияб хIаракатчилъиялъул аслулъун.

 

4) Ракьалда гIемерал санал ранагIан, дие рокьулел руго лъи­малги херал чагIиги. Гьанже цIикIкIун хараби рокьула.

 

5) Инсан киданиги вукIунаро жиндиего бокьараб хIалалда талихIавлъунги жинцаго рикIкIунев гIадав талихIкъаравлъунги.

 

6) Кибго, кидаго, бокьараб за­маналда кинабго гьабизе лъазе ва бажаризе ккола.

 

7) ГIелмуялъул тарихалда бищунго кIвар бугеблъун кко­ла пикраби церетIеялъул та­рих. Пикрабазул гIелги заманги букIунаро.

 

8) Студентазда, аспирантаз­да, ай гIелмуялда тIадчIаразда киданиги ракIалде ккезе бегьу­ларо кигIан кIудияб машгьур­лъиялъул гIалимчиги жидедаса тIадегIанав вугилан.

 

9) Щиб жо кколеб талихI? ТалихI ккола киналдего нилъ хIадурго рукIин.

 

10) ЦIалдохъабигун, студен­талгун дандчIвазе унелъул, дун рахIатхун лъугьуна. Сундасан байбихьилебали лъаларого хутIула. РакIчIун нилъеда лъала­рел суалазе кинал жавабалха ратилел. Хасго бичIчIулебги гьечIони, щиб нилъее къваригIун бугебали.

 

 

Амма цIакъго кIудияб асар гьабун букIана дие цо нухалда росуцоязде цеве вахъунелъул, гьес абурал рагIабаз:

— Дунялалъул чанги пача­лихъалъул трибунабаздасан кIалъана дун. КIалъазе кIолеб букIана эркенго.

Чан нухалда росуцоязда цеве вахъунев вугониги, щибаб ну­халда цо рахIатхун лъугьуна дун, черхалда гIетIги бала, жа­вабчилъиги цIикIкIуна. Щибаб рагIул жаваб.

Гьеб батизе буго гIалимчиясул гьитIинаб ватIаналде бугеб кIудияб рокьул къатIрабазул квацIи.