Кризисалъул дарсал, заманалъул ресал

Коронавирусалъ рещтIинабураб кIудияб балагьалъулгIан гIемер бицунеб суал гьечIо гьал ахирал моцIазда. Гьелъул «рагIадалда» гъоркье ккечIеб бутIаго хутIун батиларо нилъер гIумру-магIишаталъул. Нилъер экономи­каялъе гьелъ гьабураб асаралъул гIезегIан лъикI лъала «Финанс-ГРУПП», бизнес цебетIеялъе квербакъулеб компаниязул гIуцIиялъул нухмалъулей Жамиля Мелесовалда. Гьелъулгун гьабуна нижеца гарачIвари.

 

 

-Жамиля, кинаб бугеб нужер гIуцIиялъул аслияб рахъ?

-Компания рагьулаго, хIалтIи гIуцIулаго, нижер аслияб мурад букIана цIияб иш байбихьизе, хIалтIи лъикIаб даражаялде борхи­забизе бокьарал, гьеб цебетIеялъе ресал ралагьулел бизнесчагIазе за­маналъул тIалабазда рекъараб лъай кьей. Нижеца гьезда малъулаан бухгалтериялъул, налоговияб си­стемаялъул, экспертиза-аудиталъул ва гьезда релълъарал цоги суалал. Хадуб нижеца байбихьана гьезие бизнес-планал хIадуризе. ТIоцебе хIалтIизе биччана 10 завод гьор­кьобе унеб «Тюбе» индустриалияб парк, гьеб букIана кIудияб, 900 млн гъурщил багьаяб проект. Хадуб ни­жеца байбихьана республикаялъул инвестпроектазул тадбирал нухда рачиналъул хIалтIи, ай цIияб фа­брик-завод рагьизе бокьарав инве­сторасе пачалихъалъул рахъалда­сан букIунеб кумекалъул баянал ва шартIал лъазари, киналго хIажатал документал хIадури. Жакъа респу­бликаялда буго нижер квербакъиял­далъун пачалихъалъул кумекги (ра­кьазул документазул, налоговиял бигьалъабазул, хIалтIи гIуцIиялъул ва гь.ц. рахъалъ) щун хIалтIулеб 36 завод.

 

-Гьединаб ялъуни цоги ми­салалъул пачалихъалъул кумек щвезе бокьарав бизнесчи вачIине бегьулищ нужеда аскIове?

-Бегьула, щай бегьулареб, гье­диналха рачIинеги рачIунел, гье­зул хъулухъ тIубай бугелъул нижер аслияб хIалтIи. Лъазе ккола гьа­динаб жо -пачалихъалъул кумек щвезе къваригIарав бизнесчиясе, кинабгIаги щаклъи гьечIого, гьеб щола. Амма гьединаб кумек щве­зе ккани, цIунизе ккола законалъ­ул тIалабал ва дур рукIине ккола гьелъие пачалихъалъ рихьизарурал киналго шартIал, нормативиял ба­янал. Гьел киналго хIужабазулги пачалихъияб кумек щвеялъе чIезарурал нормабазулги данде ккей-ккунгутIиялъул хIисабалги гьарун, къотIула хIукму-киналго хIажатал документал хважаинасда кодор рукIун хадуб нижеца бай­бихьула проекталда тIад хIалтIи, гьечIони гьединал документал, ха­дусеб хIалтIи гьаби буго гIададисеб иш.

 

-Инвестициял, гIадатиял рагIабаздалъун абуни, щиб жо гьеб кколеб?

-Пуланаб завод (фабрика, СПК ва гь.ц.) лъикI хIалтIиялъе, гьеб цIи ва гIатIид гьабиялъе, цIиял къагIидабигун технологиял рилъ­лъанхъизариялъе биччараб гIарац (харжазе унеб хутIун) ккола инве­стициял. Гьезул буго 4 тайпа -займ, кредит, пачалихъалъул кумек ва хасал гIадамаз (юридикиял ялъуни гьединаб хъвай-хъвагIай гьечIел) лъураб гIарац.

 

-Инвесторазе кинаблъун букIараб 2019 сон?

-Киназдаго лъалеб ва нилъер гьа­ниб цIакъго гъваридго кьалбал рич­чараб масъала буго бюрократизм, ай бокьараб ишалъе хIажатал до­кументал гьаризе цIакъго гIемераб заман бай, тIадаб иш жиндир за­маналда гьабизе кIунгутIи. Дан­де гьарурал гьел цере инаризеги кIоларо гIемерал кабинеталги све­рун, цIикIкIараб гIакъубаги бихьун гурого. Гьедин бугониги, гъоркьиса нилъер экономика букIана мадараб хIалалда хIалтIулеб.

2019 соналда нижер гIуцIи хIалтIулеб букIана 9 кIудияб за­вод (хьитал рукъулеб, шушбухъе лъим тIолеб, гьан къачIалеб ва гь.ц.) хIалтIизе биччаялъул проекталда тIад. Гьездасан 8 завод базе байби­хьизе кколаан исана соналда, 3-4 соназда жаниб гьезие щвезе ккола­ан цо млрд гъурущгIанасеб пача­лихъалъул гIарац. Коронавирусалъ чIезабуна гьеб кинабго ва гIемераб цогидаб. Къана хIалтIулел рукIарал предприятиял, щвечIо цIиял ра­гьизе гIарац. Цебехунги гьеб кIудияб балъголъи букIинчIониги, гьабсагIаталда коронавирусалъул хIасилалда, якъинго загьирлъана цойги гьадинаб хIужа -нилъер гьа­нир гIемерал гIадамал руго гьаниса босун, доба бичун ва цоги щибниги гьабун жиндирго магIишаталдаги рукIун официалиял идарабазда хъвай-хъвагIай гьабичIого ругел. Официалияб къагIидалда хъвай-хъвагIай бугел ишалъул гIадамазе дагьаб букIа, гIемер букIа щвана пачалихъалъул кумек, гьеб гьечIел хутIана щибго щвечIого, кинабгIаги цIуни гьечIого.

 

-Аслияб куцалда кинаб хIисабалъул зарал гьабунин абизе бегьулеб коронавирусалда хурха­раб гьаб кризисалъ?

-Абизе бегьула бизнесалъул цо тайпа чIванин гьелъ абун. Гьебго заманалда, кIудиял захIмалъабазда цадахъ, гьаб кризисалъ цо-цо биз­несалъе кьуна цIикIкIарал ресалги. Мисалалъе нижер гIуцIи. Дагьаб цебеги чIахIиял федералиял ком­паниязда рихьизего рихьулароан ниж, гьезулгун бухьенал, къотIи-къаял гьаризе кIвей букIана цIакъго захIматаб масъала. Гьанже, гьезул­ги бугелъул гьабго кризис, гьезиеги къваригIун бугелъул жидерго биз­несги цIунизе, гьелъие чIаголъиги кьезе, гьел жалго балагьулел руго нижедехун. Буго цойги рахъ. Нижер кумек хIажалъана хIалтIи чIарал ялъуни гьеб цIакъго гIодобе ккарал, амма налоговиял отчетал, баянал чара гьечIого кьезе кколел, гIарцул багъа-бачарилъул тIалаб-хIисаб гьа­бизе тIадал предприятиялги. ГIемерисел гIадамазда бичIчIана дие гьаб хIалтIи, гьаб даража гIелин абун чIезе бегьунгутIи, кризисалъ цо профессия, цо хIалтIи чIезабун батани, цогидаб балагьичIого, лъай борхизабичIого гIезе гьечIеблъи. Гьелда рекъон гIемерго цIикIкIана цIализе, экономикаялъул ва гIаммаб лъай борхизабизе нижехъе рачIунезул къадар. ГIаммаб ку­цалда босун, коронавирусалъ Дагъистаналъул экономикаялда щве­забуна лъикIаб кьаби, гьелъие ккана кIудияб зарал. ГIемеразул чIана хIалтIи, амма гьеб чIаниги гьезги чара гьечIого кьезе ккола ижараялъухъ гIарац, гIодор тарал хIалтIухъабазе мухь. Кин ва киса гьеб кьелеб ? ГьабсагIаталда нилъе­да жеги тIубанго лъаларо кризисалъ­ул хIасил, аслиял ва цIикIкIарал захIмалъаби раккизе руго хасало, октябрь -ноябрь моцIазда. Гьеб буго экономикаялъул закон -гIарац гIунгутIи, гьелъул мукъсанлъи лъа­ла 3-4 моцIалдасан.

 

-ГьабсагIаталда бизнесалъе хIажатаб аслияб кумек кинаб букIине кколеб?

-Нилъер гьаниб ижара (ракь, мина-къайи ва гь.ц.) буго цIакъго хирияб. ГIарцул кумекалдаса цебе бизнесалъе къваригIун буго ижара­ялъе гIатIилъи дагьаб учузго боси­зе рес щвеялъе пачалихъалъ квер­бакъизе. КIиабилеб иргаялда хIажат буго налоговияб системалда рагьа­раб, бичIчIулеб, чIванкъотIараб ни­зам чIезабизе. ГьабсагIаталда гьеб системаялда гIемер руго цоял цо­язда данде кколарел, бизнесчагIазе кIудиял квекIенал гьарулел тIалабал. Буго цойги, тIубачIого гIолареб захIматаб масъала. Нилъер гьаниб хIакъикъаталдаги буго «ка­дровый голод», гIолел ва щолел гьечIо лъикIал, цIиял тIалабазул лъай бугел специалистал

 

-Дур пикруялда, кризис кке­лалде букIараб даражаялде кидаха бачIине бугеб нилъер экономика?

-Бичас биччани, гьаб коронави­русалъул кIиабилеб карачелги ха­сало нилъехъе щвечIого хутIани, доб хIалалде нилъер экономика бачIинабизе кIвезе буго тIадеялъул август моцIалда. Гьелдаса хадуб дагь-дагьккун байбихьизе бегьула цебетIейги.