КватIичIого РФялъул Конституциялда гьаризе ругел хиса—басиязда бан, цо—цо дагъистанияз гьадинал пикраби загьир гьаруна «ХIакъикъат» газеталъе.
«Путинидаса лъикIав
чи вихьулев гьечIо»
МухIамад РАМАЗАНОВ, юрист, ННТ телеканалалъул ведущий:
-Лъица щиб бицаниги, дица рахъ ккола гьел хиса-басиязул. Гьезул багьанаги батун, президентасул болжал халалъизабизе къваригIин кколин гьелъул магIнаян чIун руго цо-цо чагIи. Амма гьедин гьабунигицин, Владимир Путинидаса лъикIав чи дида гьабсагIаталда гьеб бакIалда вихьулев гьечIо.
Улкаялда кколеб бокьараб мекълъи-тIекълъи президентасда хурхинабулеб буго гьез. Дир хIисабалда, гьеб ккола гьезул политикияб лъай гьечIолъи.
БукIаниги, бакI-бакIазда жидеего бокьа-бокьараб гьабулеб буго нухмалъулезги. КигIан лъикIал тIалабал президентас цере лъуниги, гьел кIалагъоркье чIвазаризе хIалбихьиялги гьарулел ругелъул. Масала, коронавирусалда данде къеркьолел медиказе биччараб гIарцуе хIакимзабаз гьарулел рукIарал хIарамал ишал рихьичIищ?
Киназдаго бадиб къан буго президентасул болжалалъе бихьизабураб анлъго сон. Амма цогидал жал цIадирабазда лъуни… Масала, гIемерал жал руго 1993 соналдаса хадур раккарал ва конституциялъул федералиял законазулъе росарал. ГIемерисел жал Конституциялде гьениса росун руго. Гьединлъидал гьеб (Конституция) гьанже лъутIа-къотIун, цойиде бачун, жакъасеб гIумруялде данде ккезабун буго.
Гьединго Конституциялда цIар бахъулеб буго ТIадегIанасул хIакъалъулъги. ГIадада бахъулеб цIар гуро гьеб. Хадурккун гьелда хурхун хасал актал яги законал рахъизеги рес буго.
Дие асар гьабуна гIолилазулъ рухIияб рахъ куцазе ккеялъул бицунеб пункталъги. 1993 соналда къабул гьабураб Конституциялда абуни гьеб букIинчIо.
ГIурус мацI пачалихъияблъун бихьизабураб пункталда тIасан рагIизе бегьула цо-цоязул разилъи гьечIолъи.
ГьанжелъагIан букIараб Конституциялда хъван буго гIурус мацI РФялъул пачалихъияб мацI кколилан. Лъиениги гьелъул ургъелги букIинчIо. Гьанже абуни тIаде жубалеб буго гьеб мацI кколин РФялда гьоркьоре унел ихтиярал ращадаб, гIемермиллатазул союзалъул пачалихъ гIуцIараб халкъалъул мацIилан.
Россиялда ругел халкъазул мацIаздехун бугеб адабги бихьизабун буго гьениб. Амма гьел лъазаризе тIадаллъун гьарулел рукIаралани, дида квешцин букIинаан. Щайин абуни, дир рахьдал мацI лъазабизе тIадаблъун щай лъицаниги гьабизе кколеб? ГIурус мацI нилъее цоцазулгун бухьенал гьаризе, хIалтIуе ва цогидалъе хIажалъулеб бугелъул. БатIаго щибаб регионалъе изну кьечIогойищ бугеб гIурус мацIалдаго цадахъ аслияллъун жиде-жидер мацIал рилълъанхъизаризеги? Масала, Чачаналда гьабула гурищ гьедин.
Гьединго, жавабиял хъулухъазда ругел чагIазе къватIисел пачалихъазда гIарац цIунизе, доба мал-мулк босизе гьукъулеб букIинги квешищ бугеб? Интернеталдани гьерсал тIиритIизарулел руго хиса-басиязулъа гьеб пункт нахъе босун рагIулиланги абун. Кутакаб пропаганда хIалтIулеб буго данде.
Цо жинсалъул чагIаз (однополые браки – ред.) хъизанал гIуцIизе гьукъараб закон гьанже Конституциялдеги босулеб букIунилан дандечIей буго. Гьадингоги лъалеб жо гьенибе босиялъул магIна щибдила? МагIна буго. Конституциялда хъвани, гьеб хисуларо. Законлъун тани, депутатаз бокьараб къоялъ хисизабула гьеб.
Интернеталда гIемерлъун руго гьадинал фейкалги – бихьуларищдила президентас жиндирго кверщел щулалъизабулеб бугила киналго судиялги жинцаго тIамун. Гьелда божулелги руго. Амма гьанжелъагIанги гьедин гурищ гьел толел рукIарал?
Дие цебегоялдаса рекIее гIолареб жо букIана халкъазда гьоркьосел законал миллияздаса тIадегIан гьари. Гьанже гьеб рахъалъги хиса-баси гьабулеб буго.
«Олигархазе гурел, гIадатияб халкъалъе пайдаялъе ургъарал ратаги»
Алексей ХIАЖИЕВ, МахIачхъалаялъул аэропорталъул хIалтIухъан:
-ГьанжелъагIан букIараб Конституция къабул гьабуралдаса гIезегIан сонал ана, улкаги гIемерго хисана. Гьединлъидал, хIажалъи ккана Конституция хисизабизе. Гьел щай къваригIарал жалин, гьабин-добилан харбал рицунел чагIи руго аскIоре гIагарунцин гьеб иш лъаларел, жидеего политикиял очкаби щвезелъун хIаял гьарулел гIадамал. Гьезде щвезегIан гьел хиса-басиязул жаваб кьун букIуна гIезегIан гъорлъе раккун, киналго рахъал лъазарурал специалистаз. Гьединлъидал халкъалъ, улкаялъул гражданал хIисабалда, къабул гьабизе ккола тIалъиялъ хIадурараб документ.
Гьединго, нилъер хьул буго гьел хиса-басиял олигархазе гурел, гIадатияб халкъалъе пайдаялъе ургъарал ратиялде.
«Депутатазе гIарац дагьлъизабе»
ГIабдурахIман АДУХIОВ, МахIачхъалаялда чIарав ЧIарада районалдаса чи:
-Дида гьикъулеб букIарабани, Конституциялда гьадинал хиса-басиял гьаризе кколин абилаан дица: РФялъул Пачалихъалъул Думаялъул депутатазе моцIрое щолеб харж бащалъизабулебани анцIго МРОТалда (гIумру гьабизе моцIрое хIажалъулеб гIарцул бищун гIодобегIанаб къадар). Гьеб букIинаан гIемерав чи разияб хIукму.
Мисалалъе, гьасагIат гьеб МРОТ буго 12 500 гъурущ. 10 МРОТ ккола 125 азарго гъурущ. Регионалиял депутатазе бегьилаан щуго МРОТалъул къадар. Гьеб цо. КIиабизе, 451 депутат вуго жакъа Пачалихъияб Думаялда. Амма гьелгощинал рукIунилан, гьезул бугеб пайда щиб? Щай бегьулареб 300 чиясде щвезегIан гьезул къадар дагь гьабизе? КумекчагIигун цадахъ рикIкIараб мехалъ, гьезул къадар 2500 чиясде бахунеб буго.
Халкъалъул ихтиярал цIунулел вакилзаби абун цIарги чIван руго гьел. Кинал ихтияралха гьез захIматхалкъалъул цIунулел ругел? 150 чиясдалъун гьел дагь гьаруни, чан гъурущ тIокI гьабизе кIолеб бугебали хIисаб гьабе?
Ясли-ахазе, лъималазул рокъобе, школазде щай гьеб гIарац биччазе бегьулареб? Гьелда тIад щай гьел ургъуларел?
«Америкаялъул тIадкъаялдалъун хъвараб Конституция букIана»
ГIабдулвахIид ЛАБАЗАНОВ, Гъизилюрт шагьаралъул газеталъул бетIерав редактор:
-Конституциялда хиса-басиял гьаризе кколеблъи хIакъаб жо буго. Ельцинил заманалда Верховный Советги щущахъ биххизабун, Америкаялъул асаралда гъоркь хъвараб жо буго гьеб. Гьелъ кIудияб хиса-басиги гьабичIо гIумрудулъ, щайин абуни, цин гьанире кIанцIун, цинги доре кIанцIун гIадин рихьизарун руго гьенир цо-цо суалал. Масала, нилъеца торт гьабулеб мехалда гьелда гъорлъе журалел нигIматал – кремги, ханжуги, пудраги – батIа-батIаго рихьизарулел гIадинабго жо буго гьелъулги.
Амма КПРФалъ кьураб 15 пикруялда гьоркьоса лъабго пикру гурони къабул гьабичIо гьанже Конституциялда хиса-басиял гьаризе гIуцIараб хасаб комиссиялъ. ГIадатияб халкъалъе гIезегIан пайдаял жал рукIана гьенир.
Масала, олигархазухъ бугеб газалъулгун нартил ва цогидаб магIишаталда тIабигIиял бечелъабаздаги хъвачIого, цIи-цIиял налогал ургъулел руго чиновниказ. Коммунистаз рикIкIуна, нилъерго хIукумат цебетIезе ккани, гьедин гьабизе бегьуларин, гьеб гIадатияб халкъалда хъатIизе бугилан.
Гьелъие жаваб кьолаго, цо-цо министраз байбихьана баян гьабизе социалияб кIваралъе гIарац регионалиябгун федералияб бюджеталдаса биччазе, гьединго социалияб рахъалде гьетIи бугел бизнесменаздаса бакIаризе бугила.
Конституциялда хиса-басиял гьарун хадуб гьеб бакIлъи регионалияб бюджеталда тIад баччун хутIилародайин абураб хIинкъиги буго.