2020-2021 цIалул сон: хиса-басиял

РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ цIияб цIалул со­налде хIадур гьарун руго иргадулал хисабасиял.

 

ТIоцебесеб классалде лъимал рачине руго гьез гIумру гьабу­леб бакIалъул хIисабги гьабун. Гьедин букIана кидаго. Амма исана школалде тIоцебесеб классалде вачIунев цIалдохъанасул вац яги яц батIияб, ай жидеца гIумру гьабулеб микрорайоналда гуреб школалда цIалулел рукIун ратани, тIоцебесеб иргаялда гьебго школалде босизе ккола гьеб лъимерги. Законалда рекъ­он, цо хъизамалдаса лъимал цIализаризе ккола цого школалда.

 

 

Вузазде цIализе лъугьин

20 июналда Интернетал­дасан къабул гьарулел руго вузазде цIализе бокьарал цIалдохъабазухъа документал. «Пачалихъиял хъулухъал» (Го­суслуги) абураб порталалда ра­гьун буго гьелъие квербакъулеб «Поступление в вуз онлайн» абураб хасаб гьумер. Гьени­сан абитуриентас ритIизе ккола тIаса бищараб вузалде докумен­тал. Гьенибго букIине буго, ву­залде документал кьурал абиту­риентазда гьоркьоб чанабилеб бакIалда пуланав чи вугева­ли. Вузалда цIализе восиялъул хIакъалъулъ баян битIизе буго щивав абитуриентасул телефо­налде. Гьайгьай, цIунулеб буго цо чанго вузалде документал кьезе букIараб ихтиярги.

 

 

ЦIи гьаризе руго ФГОСал

РФялъул лъай кьеялъул ми­нистрлъун йикIарай Ольга Васи­льевалъ абун букIана Лъай кье­ялъул федералиял пачалихъиял стандартал (ФГОС) цIи гьаризе кколин абун. Гьел хIалтIизе бай­бихьизе кколаан 2020 соналда. ГьабсагIаталда гьезул бицунеб рагIуларо, амма гьел хIадурулел рукIана. Гьале цIиял стандартаз­да рехсарал цо-цо тIалабал:

-мухIкан гьаризе ккола шко­лалда цIалун щвараб лъаялъул хIасилазде ругел тIалабал;

-цIи гьаризе ккола цIалул программаби. Масала, «Техно­логиялда» гьоркьоре рачун руго робототехникаялъул аслиял ба­янал, программированиялъул мацIал, графикияб редакторалда хIалтIи. ОБЖялъул программа­ялде тIаде журан руго «Терро­ризм», «Буллинг», «Мошенниче­ство» абураб бутIрул;

-лъай кьеялъул программаби гIуцIун рукIине ккола лъай кье­ялъул хIалтIухъабазда гуребги, цIалдохъабазул эбел-инсудаги ричIчIулеб хIалалда;

-лъай кьеялъул сверухълъи букIине ккола кIванагIан кина­зего цогояблъунги стандартазде рекъон кколебги;

-гIатIид гьаризе ккола социа­лиял партнеразул гьоркьорлъа­би;

-«хIалтIуллъун» гьаризе кко­ла школалда тарбия кьеялъул программаби;

-дарсал рукIине ккола базови­ябги цIикIкIараб лъай кьолебги даражабазул.

 

 

ЦIалул тIахьал

Федералияб сияхIалда рехса­рал цIалул тIахьазда кьолел бая­наздаса рази гьечIо гIемерал учи­тельзаби. Гьелда бан, экспертаз кьураб къимат хIакъикъияблъун рикIкIине буго гIицIго щуго соналъ. ЦIалул тIахьазда тIад хъвазе руго гьелъие къимат кьу­рал экспертазул цIарал. Жидеца къимат кьураб тIехьалда хъва­раб жоялъул жавабчилъи гьезда тIалъизе буго.

 

 

ВПР (ТIолгороссиялъул

халгьабиялъул хIалтIи)

Гъоркьисала ВПРазда гIахьаллъизе кколаан 4-6 классазул цIалдохъаби. Гьеб тIобитIиялъул къо тIаса бищулаан щибаб шко­лалъ. ЦIияб цIалул соналда ВПР хъвазе буго 7-8 классазги. Щи­баб школалъе хIадуризе руго хасал тIадкъаял ва министер­ствоялъ гьел ритIизе руго шко­лалъухъе.

 

 

Роспотребнадзоралъ гьабизе буго учителасул аттестация

Халгьабизе буго рацIцIалъи цIуниялъул рахъалъ (гигиена) учителасул бугеб лъаялъул. Школалда ругел киналго пе­дагогазул аттестация гьаби­зе буго Роспотребнадзоралъул хIалтIухъабаз. Гьелъие гIилла ккола улкаялъул президентас гъулбасараб «Санитариябгун эпидемиологиялъул рахъалъ халкъалъул парахалъиялъул хIакъалъулъ» абураб указ. Атте­стация тIобитIиялъул низамги тартибги чIезабизе буго Роспо­требнадзоралъ.

 

 

Дарсал кьезе руго студентаз

Цересел соназда ахIи бахъун букIана школазда учительзаби дагьлъулел ругин абун. БукIана бицунеб учительзабазул 70 процентниги пенсионерал ру­гин, цIиял технологиязда рекъ­он хIалтIизе бажарулеб гьечIо гьезухъаян абун. Гьеб масъала тIубазехъин буго педагогиял вузазул студенталги школалда хIалтIизарун.

Россиялъул президентас тас­дикъ гьабуна «РФялда лъай кьеялъул хIакъалъулъ» абураб федералияб законалда хиса-ба­сиял гьариялъул хIакъалъулъ» абураб закон. Гьелда рекъон, пе­дагогияб вузалъул лъабго курс лъугIарав бокьарав студентасул ихтияр буго бокьараб школал­да дарсал кьезе, ай учительлъун хIалтIизе. Цогидал вузазул сту­денталги, лъикIал хIасилаздаги цIалун, кIиго курс лъугIун хадуб хIалтIизе бегьула школалдаса тIадеги лъай кьолел идарабаз­да (дополнительное образова­ние). Аслияб шартI ккола лъай кьеялъул идараялда лъазабураб программа школалда кьезе бу­геб дарсгун рекъонккей. Масала, информатикаялъул махщелалъе цIалулев студентас кьезе буго, физкультураялъул яги рисова­ниялъул гуреб, информатика­ялъул дарс. Кин хIалтIизе рачи­не ругел студентал? Гьеб суал жеги роцIинабизе ккола Лъай кьеялъул министерствоялъ.