7,2 миллиард гъуршил багьаяб

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъги «Дагъдизель» АОялъги къотIи гьабуна

 

Дагъистаналде рачIун рукIана РФялъул рагъулаб къуваталъул бетIераб управлениялъул начальник Анатолий Гуляевги, Оборонаялъул министерствоялъул оборонаялъул пачалихъияб заказазул департаменталъул нухмалъулев Андрей Вернигораги. Гьелгун цадахъ 28 февралалда ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов щвана «Дагъдизель» заводалде. Заводалъул генералияв директор Раул Илясовас гьалбал рачана цехалде, ва хIалтIухъабаз гьезие бицана хIадур гьабулеб къайиялъул хIакъалъулъ.
Гьелдаса хадуб къотIи-къай гьабуна РФялъул Оборонаялъул министерствоялдаги заводалдаги гьоркьоб. Журналисталгун букIараб дандчIваялда Анатолий Гуляевас гьадин бицана: «Заводалда хIадуризе буго универсалияб токалъулаб торпеда. Цебеккун букIаралдаса гIезегIан камил гьабун буго гьеб. Гьединаб ярагъ кидаго хIажат буго нилъер аскариязул ралъдал флоталъе. Жакъа гьабуна гIемераб заманалъ бухьен гьабиялъул хIакъалъулъ къотIи. Заводалъухъа производствоялъулаб къуват цIикIкIинабун бажарани, министерствоялъги цIикIкIинабизе буго росулел торпедабазул къадар»,- ан.