1 июлалда тIоритIизе руго Кониституциялда хиса-басиял гьариялда хурхун рищиял. Гьелъул бицунаребги, хъваларебги бакI гьечIин абизе бегьула социалиялгун, информация тIибитIизабулел сурсатазда. ХIатта пандемиялъул суалги дагьаб нахъегIан цунин ккол гьез.
Улкаялъул аслияб документалда жанир гьаризе ругел хиса-басиязда гьоркьоб буго: Жиндир заманалъулаб ва киналго разияб медицинаялъул кумек щвеялъул, щулияб сахлъи букIунеб гIумру гьаби, хъизан-лъималазул институт камил гьабиялъул ва гьединго, лъималаз эбел-инсул кколеб адаб гьабиялъул хIакъалъулъ статьяялде кIвар кьезе букIиналъул. Гьелда тIасан жиндирго пикру загьир гьабуна Гумбет районалда маданиялъул бутIаялъул нухмалъулев ХIайбула ГIабдурахIмановас.
— ЦIакъ хIажатал, гIемерав чиясул гIумруялда хъинтIулел хиса-басиял руго гьел хIакъикъаталдаги, — ян бицана гьес.
— Жиндир заманалъулаб ва камилаб тохтурзабазул кумек щвей гьеб жакъаги ва гьединго букIинесеб заманалдаги цIакъ кIвар бугеб суал буго. Сахлъи цIунулеб куцалда, гIумру тIамиялде инсан рекIеда ватизавиги цIакъ кIвар бугеб суал гьечIищха жакъа? Сахлъиялъе зарал гьабулел жал къо бахъанагIан кванилъги рукIа- рахъиналъулъги гIемерлъулел мехалъ, цIакъ хIажат буго гьелда хадуб хал кквезе. Нижер районалда гьеб суал цебесеб кьерда бугин абизе бегьула. Хасго районалъул нухмалъулев ХIажимурад МухIамадовасги цIакъ кIвар кьола гьелде. ГIисиналгIан росабалъцин ран руго цIиял спортивиял майданал, гьединго цIидасан къачIалел руго цереккун ран рукIарал.
Кутакалда кIвар бугеб буго хъизан-лъималазул институталда хурхун гьарулел хиса-басиязул суалги. Жакъа нилъеда бихьулеб буго Европаялъул ва бакътIерхьул улкабаз босун бачIунеб бугеб чорокаб ва инжитаб пропагандаялъ, гIасрабаз бацIцIадго цIунун букIараб хъизан-лъималазул гьоркьоблъи жагъал гьабулеб бугеб куц. Гьединлъидал цIакъ хIажат буго гьеб рахъ роцIцIинабизе. Чияр чорокаб культураялъ хъуб гьабулеб тарихги, эбел-инсул цоцадехун бугеб адаб-хIурматги нилъер гьечIо, гьеб букIана ва ИншаАллагь, букIинеги ккола цогидазеги мисалияб даражаялда. Гьединаб къиматалда хадуб бачIунеб гIелалъе гьеб цIунизе тIадабги буго нилъеда.