Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна адвокат ШейхмухIамад ГъазимухIамадовас:
«Дир росасул буго цее йикIарай лъадуца гьабураб лъимер. Гьес гьелъие алименталги кьола. Нижерги буго цадахъаб лъимер. Гьединаб ахIвал-хIалалда рекъон, алиментазул къадар кин дагь гьабизе бегьулеб?»
— Алиментазул роцен хисизаби бараб букIуна кIиябго рахъалъул материалиябгун хъизамазул бугеб хIалалда. РФялъул Хъизамалъулаб кодексалъул № 101 статьяялъул 2-абилеб пункталда рекъон, алиментазул роценалъул суал тIубазе бегьула кIиябго рахъ рекъон гьабураб къотIи-къаялдалъун. Гьединаб куцалда масъала тIубалеб гьечIони, судалде хитIаб гьабизе ккола.
РФялъул Хъизамалъулаб кодексалъул № 119 статьяялда рекъон, алиментазул роценалъул хIакъалъулъ гьабураб къотIи-къай гьечIони, судалъ гьелъул роцен чIезабун хадубги, кIиябго рахъалъул материалиябгун хъизамазул бугеб хIал хисун бугони, алиментазул чIезабураб роцен, нужеца кьураб гIарзаялда рекъон, судалъ дагь гьабизе бегьула. Амма санаде бахинчIеб лъимадуе кьолел алиментазул роцен дагь гьабизе ккани, чара гьечIого чIезабизе ккола алиментал кьолесул рес гьечIолъи.
«КIиабилеб группаялъул инвалидасул ихтияр букIунищ хIалтIизе?»
— 1995 соналъул 24 ноябралда къабул гьабураб N181-ФЗ «О социальной защите инвалидов в Российской Федерации» абулеб Федералияб законалъул 23-абилеб статьяялда рекъон, хасаб программаялда бихьизабун буго, «хIукуматалъул ва жалго бетIергьанал чагIазул идарабазда инвалидазе чIезабула гьезухъа бажарулеб хIалтIи гьабиялъе данде кколел шартIал» абун. Законалъ гьукъула, харжалъул, хIалтIул низамалъул, хIухьбахъиялъул, гьединго щибаб соналъ букIунеб харж цIунулеб ва тIаде кьолеб отпускабазул рахъалъ хIалтIул коллективазда яги гьезулгун гьарурал хIалтIулал къотIи- къаязда, цогидал хIалтIухъабазда дандеккун, инвалидал батIа гьаризе. ТIубараб харжги цIунун, I-себ ва II-леб группаялъул инвалидазе хIалтIул заман къокъ гьабураб, ай анкьида жаниб 34 сагIаталдаса халат бахъинчIеб букIине ккола. ЧIезабуралдаса цIикIкIараб заманаялъ яги гIодоркъояз, гьединго къаси заманаялъ гьарулел хIалтIабазде гьезул разилъиги цIехечIого, инвалидал рачине бегьуларо. Инвалидазе букIине ккола, 30 календарияб къоялдаса дагь гьечIеб, харж цIунараб щибаб сонилаб отпуск.
2001 соналъул 30 декабралда къабул гьабураб РФялъул ЗахIматалъулаб кодексалъул N197-ФЗялда 224-абилеб статьяялда абулеб буго, хIалтIи кьолесда тIадаблъун гьабулила сакъатал чагIи заралиял ва гIумруялъе хIинкъи бугел хIалтIаби тIуразаризе тIамизе бегьуларин. ХIалтIул заманалдасан гьезие чIезабизе ккола хIухьбахъиялъе перерыв, гьединго гьезул сахлъиялда данде кколел хIалтIул шартIал. ХIасил-калам, РФялъул ЗахIматалъулаб законалда рекъон, гIажизав чиясул ихтияр букIуна данде кколеб хIалтIи гьабизе.
«ГIарац щванин абулеб расписка кин битIун гIуцIизе-хъвазе кколеб, гьеб документалдехун кинал тIалабал рукIунел?»
— ГIарац босулес гьеб босиялъул хIакъалъулъ жиндирго квералъ расписка хъвала. Гьеб документалда букIине ккола «Расписка» абун цIар, гьелда бихьизабула гьеб хъвараб бакI ва къо-моцI, гьединго гIарац кьурав ва босарав чиясул паспорталъулал баянал, гIарцул къадар ва гьеб тIад буссинабизе чIезабураб заман.
«Дун лъагIелалъ вичарухъанлъун тукада хIалтIулев вукIана. ХIалтIуде вачIинчIогоян, анкьалъ цеве дун хIалтIудаса рехана. Дие рес букIинчIо, щайгурелъул сапаралъ ун вукIана, гьениб дир телефонги билана. Директорасул лъазабиги дихъе щвечIо, график хисун букIинги дида лъачIо. Дида бугеб гIайиб щиб?»
— РФялъул ЗахIматалъул кодексалъул 81-абилеб статьяялъул тIоцебесеб бутIаялъул анлъабилеб «а» пункталда рекъон, хIалтIудаса рехизе бегьула мун тIубараб хIалтIул къоялъ яги тIатIалаго ункъо сагIаталъ хIалтIулеб бакIалда камун вугони.
Амма, хIалтIул график хисун букIин дуда лъан батичIони, ай кколеб къагIидаялда гьеб дуда лъазабун батичIони, хIалтIуда мун ками, прогуллъун рикIкIине бегьуларо. Гъоркь дур букIараб хъулухъалде тIад вуссун тIамеян судалде гIарза хъвалеб бугони, дуца хIужабаздалъун чIезабизе ккола дур телефон билун букIинги, кIвар бугеб гIилла ккун сапаралде ине ккейги, директорасул дургун бухьен букIинчIолъиги. ХIалтIул низамалъул график бихьизабун букIуна захIматалъул къотIи-къаялда, хIалтIуда дудаса тIалаб гьарулел низамазулгун лъай-хъвай гьабиялъул хIужа ккола къотIи-къаялда гъоркь гьабураб дур гъулбас.
«Къого сон унеб буго гIумру гьабун дун Германиялда йигелдаса. Россиялда руго дир вацги яцги. Германияда дица гьитIинабго квартира босана. Бокьун буго гьеб гьезие ирсалъе тезе. ГIакълу кье, гьезие ирсалъе квартира кьолеб бугилан васиятищ хъвалеб яги цоги лъикIаб къагIидайищ букIунеб?»
— Гьайгьай, дур ихтияр буго бокьарав чиясе ирсалъе квартира кьезе. Гьелъул хъвай-хъвагIай бокьани Германиялда, бокьани Россиялда гьабизе бегьула, документ законияблъун рикIкIуна. Амма васият хъваялъул низам букIине ккола ФРГялъул законалда данде кколеб: дуца гьеб хъвазе бегьула кагътида квералъ яги нотариусалде хитIаб гьабун. ЛъикIаб букIина кIиабилеб къагIида тIаса бищани, щайгурелъул нотариусалъ хъвараб васияталъул хъвай-хъвагIай гьабула васиятазул БетIераб (Централияб) регистралда. Гьедин хъвай-хъвагIай гьабураб васият ккола дур вацги яцги жалго бетIергьанал чагIазул тIехьалде росиялъе гIураб кьучI. Улка бахъун къватIиб ирс кьеялъе квералъ хъвараб васият бугони, судалде хитIабги гьабун, дур гIагарал чагIаз гIуцIизе ккола жидер ирсалъулаб ихтияр бугин абураб свидетельство. Россиялда васият хъвалеб бугони, нотариусалда тасдикъ гьабула дуца гIуцIараб документ.
«Эбелалъ васасе квартира сайгъат гьабулеб буго. ДагIба букIунареб хIалалъ, кин гьелъул хъвай- хъвагIай гьабизе кколеб? Гьелда хъвазе бегьулищ эбелалъ гьелдаса пайда босизе бегьулин абулеб шартI?»
— Эбелалдаги васасдаги гьоркьоб гьабизе ккола квартира сайгъат гьабиялъул хIакъалъулъ къотIи-къай. Гьеб чара гьечIого нотариусалда тасдикъ гьабизе кколаро. РФялъул Гражданлъиялъулаб кодексалъул 572 статьяялъул тIоцебесеб пункталда рекъон, сайгъат гьабулаго, гьеб кьолев чиясухъа кинабгIаги шартI тIалаб гьабизе бегьуларо, гьелда «безвозмездная сделка» абула. Гьединлъидал, сайгъат гьабураб къотIи- къаялда «Эбелалъ гьелдаса пайда босизе бегьула» абулеб шартI хъвазе бегьуларо.