Нужеда лъалищ Совет Союзалдаги Социалистияб Кубаялдаги гьоркьор цо заманалда хун рукIарал дипломатиял бухьенал цIидасанги лъикIлъиялъе ккараб аслияб гIилла?
Хваниги хадур гъезе гьечIо, дицаго бицинчIони.
«Бахьикъосалъул» халкъазда гьоркьосеб отделалъул хасав мухбир ХIамза аль Гъамсукь ибн ХIабибил донесениялда рекъон, кIикъого соналъ цеве, ай 1980 соналъул масковски Олимпиадаялде вачIарав Кубаялъул Команданте Пидель Кастро Рус дандчIван вуго Дагъистаналъул Игит, инсанияталъулго руччабазул ва тIолабго дунялалъул хIакимзабазул хIасратав гьудул Абу — ХIасан аль ЧIарадагун.
ЦIар рагIарав политик жанив чIараб чIухIараб гостиницаялде чIового инищха гьалбал хирияв аль ЧIарадаги, цадахъ ячун йиго цIумур гIадай мулатка Майсарат Гонсалес душ Сантос.
Кубаялъул цевехъанасе нилъерго гьаниса Игитас раччун арал цоги сайгъатазул (сушонни бакьаздаса байбихьун, щуго цIва бугеб Кизляр — коньякалде щвезегIан) бицинего бицинаро.
Анкь Москваялда базе къасдгун нилъехъе къокъун вукIарав цIа гIадав революционерас, гьеб кинабго нигIмат бихьигун ва хIалбихьигун, категорически инкар ккун буго Олимпиада лъугIичIого гIагараб Кубаялде тIад вуссине. «Игитасда аскIоса дица кибниги гали бахъизе гьечIо»,- ян чIун вуго Эркенаб ЧIинкIиллъиялъул чIагояб Легенда! Дагьаб хутIун буго международный гъалмагъир багъаризе, ай хабар тIибитIун буго Кубаялъул лидерас Совет Союзалда убежище гьарун бугилан…
Абу-ХIасаница гьеб моцIида жаний чан Майсарат мистер Кастро Русил чIухIарал апартаментазухъе ккезаюраяли ва чан шишил бетIер чIинтIизабурабали чIванкъотIун лъалев ва бицине кIолев чи кIиго вукIун вуго — живго аль ЧIарадаги гостиницаялъул чIегIеркIкIубай горничная Элизабет Тейлорги.
Гьедизе, гьайгьай, кIоларо, амма бицен букIана гьеб дандчIваялдаса хадур нахъеги чIаголъанила Совет Союзалъулги Кубаялъулги дипломатиял гьоркьорлъаби ва кутакалда эхеде, высши уровеналде раханила гьел.
Гьединав вас вуго, нижер божарав гьудул ва дунялалъулго руччабазул любимчик, Абу- ХIасан аль ЧIарада ибн МухIаммад.