Хъулухъалде тIамизе ккани…
Пачалихъияб яги муниципалияб хъулухъалде
лъугьунев чиясе бигьалъаби гьаруна
22 февралалда тIобитIараб ДРялъул Халкъияб Собраниялъул сессиялда бицана ««ДРялда пачалихъияб гражданияб хъулухъалъул хIакъалъулъ» абураб ДРялъул законалъул 10-абилеб статьяялдаги «ДРялда муниципалияб хъулухъалъул хIакъалъулъ» абураб ДРялъул законалъул ичIабилеб статьяялдаги хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ» абураб законалъул проекталъул. Рехсарал законазда хиса-басиял гьаризе ккола гьел федералиял законазде рекъонккезариялъул мурадалда.
ГьабсагIаталда хIалтIулеб законалда рекъон, пачалихъиябги муниципалиябги хъулухъазде лъугьунел гIадамаздехун руго пуланал тIалабал. Масала, гражданияб хъулухъалъул тIадегIанаб хIакимлъиялда хIалтIизесев чиясул букIине ккола гражданияб хъулухъалда хIалтIиялъул ункъо соналъул стаж, бетIераб хъулухъалде унесул – кIигониги лъагIел. Специалитет яги магистратура тIокIлъиялда лъугIизабурав чи лъагIелалъниги хIалтIизе ккола вузалда щвараб махщалида рекъон.
Руго гьездаго релълъарал гIадал тIалабал муниципалияб хъулухъалде лъугьунев чиясул рахъалъги. Гьел тIалабазулъ хиса-басиялги гьаруна сессиялда.
2025 соналде щвезегIан регионалъул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул стратегиялдаги хиса-басиял гьаруна сессиялда. ЦебетIеялъе квекIенлъун рехсолел далилазде тIаде журана: «Экономикияб рахъалда такъсирчилъиги ришватчилъиги цIикIкIин», «ГIемераб заманалъ кьолел финансазул сурсатазде риччангутIиялъул хIасилалда экономикияб цебетIей хIинцлъи», «Транспорталъулги энергетикаялъулги инфраструктура басралъараб букIин», «ГIураб пайда кьоледухъ пачалихъияб нухмалъи гьабун бажарунгутIи», «Щолеб хайирги хIисабалде босун, халкъазул рикьалаби цIикIкIин» ва цогидалги.