18 маялда РФялъул президент Владимир Путиница видеоконференция тIобитIана нилъер республикаялъул нухмалъигун. Гьединго гьелда гIахьаллъана муфтий АхIмад—ХIажи афандиги. Республикаялда лъугьун бугеб захIматаб ахIвал—хIалалда тIасан хабар ккана гьениб. КIвар бугел суалалги рорхана.
РагIи—рагIиккун гьениб бицарабщинаб жо жакъа газеталдасан кьеялъул магIна бихьуларо. Гьелъул нусго батIияб свери гьабун кьуна телеэфираздасан, интернеталъ ва социалиял гьиназги.
Къокъ гьабун республикаялъул бетIер Владимир Васильевас бицана коронавирусалде данде регионалда гьабулеб бугеб хIалтIул ва абуна республикаялъе цIакъ хIажат бугила инфекциялъулаб госпиталь базе. Парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовас гьениб гьоркьоб речIчIизабуна 1999 сон, дагъистаниязда ракIалда бугила мун Болъихъе вачIун вукIараб мех, гьез дур цIар адабалда рехсолилан. Амма бищунго кIвар бугеблъун гьес рехсана Конституциялда хиса-басиял гьариялъул суал, гьеб нахъе бахъун тогейиланги гьарана Владимир Путинида, республикаялъул халкъ цIакъ балагьун чIун бугила гьеб къо тIаде щвеялъухъ.
КIудияб талихI кканилан абизе бегьула гьеб тадбиралда республикаялъул муфтий АхIмад-ХIажи афандияс гIахьаллъи гьаби.
Улкаялъул нухмалъулесе нилъер гьаниб бугеб захIматаб ахIвал- хIалалъул, халкъалъул къварилъиялъул, гIолеб гьечIеб дару-сабабалъул рагьун баян кьуна гьес.
Унтудехун цо-цоязул тIаса- масагояб бербалагьи бугилан, халкъ рехун тезе бегьуларилан бичIчIизабуна гьес президентасда.
Владимир Путиница, баркалаги кьун, сахлъигун парахалъиги гьарана муфтиясе, гьесул цIарги рехсон. Амма гIурус мацIалда гуреб, бацIцIадаб магIарул мацIалда абуна — АхIмад афандийилан.
Президентас гьеб данделъи тIобитIун нахъисел къояз гьелъул хIасилалги загьирлъизе байбихьана. Республикаялда киса-кирего дезинфекциялъулал тадбирал тIоритIизе Ростовалдасагун Брянскиялдаса МЧСалъул кIудияб къокъа тIаде щвана. Гьединго, РФялъул оборонаялъул министрасул заместитель Тимур Ивановасги бухьана сапар нилъехъе. Гьезул хIалтIухъабаз 200 чиясе бакI бугеб инфекционнияб центр базе буго республикаялда.
Президентасда бугеб хIакъикъат бихьичIого рес букIинчIо
«Черновик» газеталъул политикияв обозреватель МухIамад МухIамадов:
«Владимир Путиница республикаялда бугеб ахIвал-хIалалде кIвар кьеялдасан бихьулеб буго регионалда коронавирусалде данде гьабулеб хIалтIи гIодобегIанаб даражаялда букIин. ЗахIматго унтун ругезул ва рекIкIаб гIузруялъ рецун ралел гIадамазул хIакъалъулъ гьоркьоса къотIичIого социалиял гьиназ хъвалеб мехалъ, гьелде кIвар буссинабичIого рес букIинчIо президентасул.
Бугеб ахIвал-хIалгун къеркьезе Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул гьечIеб бажари бихьун, гIадамаз гIемераб ахIи бахъинабуна интернеталдасан. Сахлъи цIуниялъул министр хIалтIудаса вахъи тIалаб гьабун, РФялъул сахлъи цIуниялъул министрасулги президентасулги цIаразда кагътал хъвана республикаялъул жамгIиял церехъабазги. Гьединлъидал хIажалъи ккана кинаб букIаниги хIукму къотIизе.
Муфтияс президентасе баян гьабуна республикаялда бугеб хIакъикъияб ахIвал-хIалалъул сурат. Гьеб гIемеразда лъалеб, баянаб букIаниги, президентасда абулев чи къваригIун вукIана ва АхIмад-ХIажи афандияс чIванкъотIун рагьана х1акъикъат улкаялъул нухмалъулесе.
Хизри ШихсагIидовас абуна жиндиего абизе бокьараб куцалда. Гьаниб щибниги я тIаде жубазе, я тIаса бахъизе жо гьечIин ккола. Социалиял гьиназ кколеб къимат кьуна гьесул кIалъаялъе. Гьелъ, тIоцебесеб иргаялда, живго Хизри ШихсагIидовасул къадру-къиматалде рагIадги рехизабуна.
Президентас гIадамазул рекIелъ рекъолел хIужаби рехсана гьеб данделъиялда. Абуна гIадамал сах гьаризе госпиталь базе ва гIарцудалъун кумек гьабизе бугиланги».
«Дун Васильев цIунулев гуро, амма…»
ЖамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиев:
«Республикаялда бугеб гIадатияб гуреб ахIал-хIалги бихьун, нилъер гьанибе кIвар буссинабуна Владимир Путиница. Гьеб лъикIаб хIужалъун рехсезе бегьила. Амма квешго нечана Хизри ШихсагIидовасул кIалъай рагIараб мехалъ.
РекIее гIечIо гьадинаб захIматаб ахIвал-хIал республикаялда букIиналъе гIайиб тIоцебе гIадамазда бугилан абиги. ЧIванкъотIун, кьварун щайха тIалаб гьабичIеб гIадамаздаса цIодорлъи? Бичча-бихъан тана гIадлу-низамалъул иш, гьелъ нилъги рачана гьабсагIат бугеб ахIвал- хIалалде.
Амма дица рахъ кколаро Васильев нахъе ине кколин кIанцIолезулги. КIочон тезе бегьуларо 20-25 соналъ кин нилъер республика букIарабали. Гьаниб кинабгIаги къанун букIинчIо хIалтIулеб, къанун жидерго хъатикь ккун букIана хъачагъазги рекетазги. Щибаб районалда, щибаб мухъалда гIуцIун букIана гьез жидерго ханлъи. Гьезул рахIму гьечIолъи, ритIухълъи лъалареб тIалъи хIехьон нилъги рукIана. Дун гьабсагIат Васильев цIунун кIалъалев чи гуро, амма кIочон тезе бегьуларо нилъго рукIараб даражаги».