Инсанасул сахлъи цIуниялъул фронталда тушманаб коронавируса- лъулгун цебесеб кьерда рагъ балеб буго жакъа тохтурас.
Тохтурасул махщел ккола бахIарчилъиян абулаан машгьурав хъвадарухъан ва тохтур Антон Чеховас.
«Тохтурасул махщелалъе кидаго хIажатаб буго пикрабазулги рекIелги бацIцIалъи. Тохтур вукIине ккола гIакъилавлъун, рухIияб рахъалъ вацIцIадавлъун ва къамартIавлъун», — илан абуна гьес.
Коронавирусалъул пандемиялъул квачIикье ккана БежтIа участока- лъул росабиги. Гьелъ кьучIдасанго хисизабуна халкъалъул гIумру. Хасго захIмалъана участкаялъул централияб больницаялъул тохтурзабазул хIалтIи. Макьуги, хIалхьиги, хъизам-рукъги кIоченабуна гьезда, росдал больницаялде рачIунел унтарал гIемерлъиялъ. ТIаса бищараб пишаялъе ритIухълъиги цIунун, намус бацIцIадго хIалтIулел руго гьенир жакъа къоялъул бахIарзал: СагIдула Сомоев, Зарема Халилова, Мадина МухIамадова, Патуллагь МухIамадов, Нажмудин ГIабдулатIипов, МухIамад ГIабдулмажидов, ХIусен Дибиров, ГIали ШайхмухIамадов, Наида КъурбангIалиева, Аида ГIабдурахIманова, ПатIимат Къебедова, Эсмира Нукъушева, Эльмира Юсупова ва гIемерал цогидалги. Руго гьезда гьоркьор гIемерсонилаб хIалбихьи бугелги гIолохъаналги. Ригьалъухъ ва хIалтIул соназухъ балагьичIого, ракIунтун тIубазабула гьез жидеда тIадаб иш.
Гьел хIалтIулел руго сваканин, чIалгIанин, рокъор ругел масъалабиги тIуразаризе кколин абун зигардичIого. БатIайиса букIине ресги гьечIо. Гьезул махщалида, бажариялда ва заманалда кумек гьабизе рортиялда бараб буго ракьцоязул, росуцоязул гIумру.
У, бигьаго гьечIо. ЗахIмалъаби гIемер руго. Буго тохтурзабазулги гIумруялъе хIинкъи. Рагъдаго гIадин, больницаялдаги жакъа хIажат буго къвакIи, къохIехьей, кьварараб низам цIуни. Ва гьеб кинабго загьирлъулеб буго COVID-19 абураб балагьгун къеркьолел тохтурзабазулъ.
ЗахIматаб заманалда больницаялъе нухмалъи гьабулеб буго гIолохъанав тохтур, бетIерав тохтурасул ишал тIуралев ГIали ГIабдулмажидовас. Гьесухъа бажарана хIалтIи мухIканаб тартибалда гIуцIизе ва больницаялъе хIажатал алаталгун дараби чIезаризе.
Гьабун букIана росуцоязде хитIабги – рокъоса къватIире рахъунгеян, больницаялъе кумек гьабеян. Ругелщинал ресаздаса пайдаги босун, ГIалихъа бажарана унтаразул къадар дагьлъиялъе шартIал гIуцIизе. ЛъикIал шартIал гIуцIана гьес больницаялъул хIалтIухъабазул сахлъи цIуниялъеги.
Тохтурзабаздаса хIалуцин бахъиялъулги нилъерго сахлъигун гIумру цIуниялъулги мурадалда тадбирал гьаризе ккола щивав чияс.
Щибниги захIматаб жо тIалаб гьабулеб гьечIо нилъедасан – гIицIго рокъор рукIин гурони. Рокъоб рацIцIалъи чIезабиги, къватIиса рокъоре щведал, кверал чуриги. Цадахъ лъугьун дандечIун гурони, дунялалдаго тIибитIараб унти тIагIинабизе бажаруларо.