Дунялалдаго тIибитIараб коронавирусалъул гьитIинабго микробалда бечедавги мискинавги, хIакимчиги гIадатияв инсанги цо мухъилъе цIазе кIвана. Гьелъ киназдаго бичIчIизабуна унтуеги хвалиеги чиналъул ва бечелъиялъул кIвар гьечIолъи. Залимасдаги къуватасдаги бихьизабуна гьаб дунял кидаго цо хIалалда букIунареблъи. Росуги рехун тун, лъикIал шартIазухъ урхъун шагьаразде гочарал гIадамал росабалъ ругезул гIумруялда гIащикълъараб заман бачIана. Жалго жидедаго чIеялъул низамги цIунун шагьаралъул гIемертIалаял минабахъ гIумру гьабун ругел цо—цоял тIабигIаталъухъ, мугIрузухъ, магIарухълъиялъухъ урхъун ругин зигардулел руго.
ГIадамазул ракIхвеялъул цоги гIиллалъун лъугьана пандемиялъул заманалда мажгитал къай, хирияб Рамазан моцIалъ мажгиталда таравихIал разе щвечIолъи. Амма гьаб хирияб гIужалъги Аллагьасде руссун, нилъер халкъалда «цIа лъураб» унтудаса цIуниялъе дугIа ва садакъа-хайрат гьабизе бегьулеб заманалдаги гIемерисел дагIба-къецалдаго руго. КIал ккунин абун ракъизе чIолел руго, амма ракIалгун кIалал къваригIел гьечIел корохъ-харбазул цIезарулел руго.
КIалищ кквелеб, корохъа харбалищ гьурщилел?
Рамазан моцIалъ гIадамазул бердаса бахчараб бакIалда кваналев цо херав чи вихьун вуго гIолилазда.
-КIудада, дуца кIал кколарищ? -ан гьикъула гьез.
-Дица кIал ккола, дир лъимал. Дун гIицIго кванала ва лъим гьекъола.
ГIолилаз, релъулаго, абула, дуца бицунелъул магIна щибилан?
КIудадаца жаваб кьола:
-Дица мацI гьабуларо, лъихъгIаги гIамал кIодого валагьуларо. Дун лъидаго тIад велъуларо, квешаб рагIи абуларо. Дица лъиего зарал гьабуларо. Дица Аллагь гIемер рехсола. ЛъилгIаги буголъиялъухъ жахIдагун валагьуларо. Дир кванирукъ унтараб буго, гьединлъидал дихъа бажаруларо вакъун чIезе.
Хадуб гьес гIолилазда цIехола:
-Нужецагийищ кIал кколеб, дир лъимал, -абун.
ГIолилаз бутIрул дализарула. Гьезул цояс нечадго жаваб кьола:
-Гуро, кIудияв, нижеца кIалго ккун букIун гьечIо. Ниж гIицIго кваначIого чIун руго.
МухIамад аварагасул (с.т.гI.в.) хIадисалда буго: «Щив чи вугониги жинца квешаб, чорокаб хабарги, квешаб гIамалги течIев, Аллагьасе гьев чиясул тIагIамгун гьекъолеб жо тей къваригIун гьечIо», -ян. (Бухари).
Гьаниб суалги баккулеб буго: нилъ ракъизе чIунищ ругел яги парзалда рекъон Рамазан моцIалъул кIалалги ккунищ ругелин абураб. Интернеталдеги раккани, гIадамаз цоцазухъе рехулеб уябищ яги гьересийищали лъалареб информациялъухъги хал гьабуни, бихьизе буго гIемерисез квандаса гуреб, мунагьаздаса ва гъибаталдаса инкар гьабун гьечIеблъи.
Ахираб заманалда больницабазда унтарал регизе бакI гьечIин, Сахлъи цIуниялъул министерство нечезе ккелин ахIи балел цоял руго, нужедаго гIайиб бугин ахIдолел цогидалги руго. Коронавирус букIиналда божуларел гIадамазул къадарин абуни къойидаса къойиде дагьлъулебги буго. Байбихьудаго вирус гьечIин, гьеб гьереси бугин ахIи балел рукIарал блогеразул гьаракьги дагь-дагьккун къотIана. Жидеда унтарал рихьизареян хъвадарулел рукIарал, гьанже жаназаби рихьизареян ахIдолел руго. Гьебгицин гIечIого, гьел унтарал сундалъун хваралали щибин лъалеб, гьезул гьуърул рихьизареян хъвадарулелги камулел гьечIо. ЦIалдолел цIикIкIаги, хабар гIемерлъагиян рукIунел блогеразги подписчикал «гIорцIизегIан» къватIул харбал гьурщулел руго. ГьанжелъизегIан больницабазда коронавирус унтигун регаразе ва гьеб уяб бугин телевидениялдасан бицаразе пуланал гIадамаз гIарац кьун рагIулин бугьтанал лъолел рукIана. БугьтанчагIиян абуни гьанже унти хIалуциндал гIунун хутIун руго. Унти тIибитIанагIан гIадамазул рекIелъ хIинкъиги цIикIкIунеб буго. Гьеб киналъго халкъалда гьоркьоб рихха-хочиги лъугьинабулеб буго.
ГIадамазда гьоркьоб
парахалъи цIуне
Психолог АлиасхIаб Мурзаевас рикIкIунеб буго гIадамазе вирусалъул пандемиялъ гуреб, «хIинкъиялъул пандемиялъ» гьабизе бугин цIикIкIараб заралин абун.
«КIвар бугеб жолъун ккола гIодоре риччан чIей, щайгурелъул, гьелда бараблъун букIине буго батIи- батIиял унтабазде данде нилъер черх къеркьей. Кинха гIодоре риччай букIинабилеб? ТIоцебесеб иргаялда ва бищунго кIвар бугеб шартIлъун ккола – уябищ яги гьересиябищали батIабахъичIого гIадамаз цоцахъе битIулеб информация гьоркьоб къотIизаби. ЦIакъго ракI хIинкъараб ва рахIат хвараб заманалда инсанасул ритIухълъи балагьулеб пикру хIалтIуларо. Гьединлъидал гIемерисел гIадамал жидехъего битIун бачIанщинаб информациялда божула. Гьединал роликал яги аудиозаписал нужехъе рачIани, гьел цогидазухъе ритIичIого теялъги гIадамазда гьоркьоб парахалъи цIунула.
ХIинкъарав чиясул чорхол къуват, ай имуннияб система хехго загIиплъула. Гьединав чиясде къватIул унти (ОРЗ) хехго бахуна, цIа-кан цIикIкIун батани — вихха-хочула. Хадуб гьес больницаялда вегизе хIаракат бахъула ва медицинаялъул хIалтIухъабазде цIикIкIараб хIалги ккезабула. Гьелъул хIасилалдайин абуни, унго-унгоги кумек хIажатав чи сах гьавизе тохтурзабазеги квалквал ккола.
Цоги хIинкъи буго — рихха-хочарал гIадамаз аптекабаздаса, хIажалъани рукIинеян росун, дарабазул нахърател гьаби. Гьелдалъун дараби дагьлъула ва гьезул багьа бахуна. Цоясе гIумру хвасарлъиялъе хIажатал дараби, цогидас гIадада гIодорги лъун, заман лъугIарабго нахъе рехула.
Нилъеда рагIанщинал харбазда нилъго божарал гIечIого, цогидалги божизаризе хIаракат бахъулеб бугони, рихха-хочи ва ракI хвей гуреб пайда букIинаро. ГIадамал гIемераб бакIалде рахъинчIого чIани, гьоркьоса къотIичIого кверал чурулел ругони ва иммунитет щула гьабиялда тIад хIалтIани, гьаб унтиги хехго тIагIина», -абун малъулеб буго психологас.
Рамазан – тавбуялъул моцI
Дунялалдаго ккараб гIузруялъ гIадамал рокъоре руссинаруна, щивав чи тIамуна жиндирго гIумруялда тIад ургъизе. Кин нухда тIамун лъикI гьаб бигьаб гуреб заман? Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана гIалимчи МухIамадрасул СагIадуевас:
«Нилъеца Аллагьасда гьарила, гIаламалдего тIаде бачIараб гьаб унти-балагь тIаса босеян. Рамазан моцI исана мискинав чи бечедасухъ бугеб ресалде хIажатаблъун ккана. ГIемерав мискинчи вуго дару босизе рес гьечIев. Квен- тIехалъе къватIиреги рахъун ризкъи тIалаб гьабизе бугеб ресалдаса махIрумлъана гIемерисел. ЦIакъго рекъараб букIина, хасго исанасеб соналда, садакъа гIемер гьабизе. Нилъее Аллагьас рес кьун буго хIажатав чиясухъе, рокъоса къватIирецин рахъинчIого бокьухъе садакъа щвезабизе. Мискинчиясул, рес къотIарасул ахIвал-хIал цIехон телефоназ ахIизе рес буго. Гьел нилъер гIагарлъиялда жанирги нилъер мадугьаллъиялдаги ратула. Садакъаялъ босула нилъеда тIаса балагь, унтаби.
Унго-унгояб куцалда нилъее рес буго рокъоб Аллагь разияб хIалалда тIагIат гьабизе. Мажгиталде ине щвечIилан абун таравихIал рачIого гьоркьор риччазе рекъон букIинаро. Гьел аварагасги (с.т.гI.в.) рокъор ралел рукIана. Рокъор таравихIал раниги, гьадинаб гIузруги букIунилан, гIибадаталъе исана щибго мукъсанлъи гьечIо. Хасго гьаб заманалда рекъараб букIина телефоналъ цоцадехун бухьенал гьариги. Телефонги кодоб ккун цоцахъе рехулел гIемер батIи-батIиял роликал риччан рукIинчIого, нужерго гIага- божаразул, гьудул-гьалмагълъиялъул ахIвал-хIал цIехе. Унтарал ратани, гьезул ракI батулеб хабар бицун, гьезул ургъел чучизабе. КъватIире рахъине рес гьечIониги, цоцазулгун бухьен цIунизе гIезегIан ресал руго», -ян.