«ХIеж-Миссиялъул» цIияв нухмалъулев, хIажизаби гуккулел гьоркьохъаби ва пандемиялъул хIасил
Россиялъул «ХIеж-Миссия» идараялъул нухмалъулевлъун тIамун вуго ХIизбуллагь Асуев. Ахираб щуго соналъ гьеб идараялъе нухмалъи гьабурав ХIамзаев МухIамадгун цадахъ хIалтIулевги вукIана гьев. Гьеб заманалда жаниб бечедаб хIалбихьиги гIураб бажариги щун бугин гьесие абураб пикру бижана ХIизбуллагьилгун букIараб гар-чIвариялдаса хадуб.
ХIизбуллагь, МухIамад ХIамзаевас гIемерал соназ нухмалъи гьабуна Россиялъул «ХIеж-Миссиялъе». Щиб гIиллаялдалъун гьев хисарав?
— 2015 соналдаса нахъе дун вукIана гьесул кумекчилъун. КIиго соналдасан тIамуна заместительлъун.
Исана гьесул тIоцевесев заместитель хIисабалда, сенатор Иляс ГIумахановгун цадахъ дун ун вукIана СагIудиязул ГIарабиялде хIежалъул суалал дандразе. Гьениса ниж нахъруссун хадуб абуна ХIамзаевас сахлъиялъул ишги лъикI гьечIин, жив хъулухъалдаса гIодов чIолев вугилан. Гьедин вачIана дун гьесул бакIалде. Ханзабазул заманалдаса байбихьун кин нилъер гьаниб хIеж тIобитIулеб букIарабали бицунеб тIехь хъвазе тIадкъан буго Иляс ГIумахановас ХIамзаевасда. Гьанже гьелда тIад хIалтIизе ватила гьев.
ХIажизабазе санагIалъаби ургъулев
— Сундасанха хIалтIи байбихьизе ракIалда бугеб? «ХIеж-Миссия» идараялъулъ кинал ругониги хисбасиял гьаризе ракIалда бугищ?
— Буго. ТIоцебесеб иргаялда, ракIалда буго киналго хIажизаби жанире ракIарулеб цо гIаммаб база рагьизе. Цересел соназда щивав хIажичиясул хIакъалъулъ баянал ракIаризе кколаан цIар-цIарккун. ХIежалдаса нахъруссун хадур гурони, гьезул киназулго баянал кодоре щолароан. Гьел киналго гIунгутIабиги хIисабалде росун, цIиял къагIидаби хIалтIизаризе ракIалда буго.
Гьеб мурадалда гIуцIун буго цIияб сайт. Камилал, IT-технологиялъул сурсаталгун хIалтIун бажарулел махщелчагIиги ракIарун руго гьенире. Гьединго пресс-хъулухъалдеги росун руго цIиял чагIи. Нижер букIине буго инстаграмалда хасаб гьумерги. РичIчIуларел суалал дандразе восун вуго къватIисел улкабазда хIалтIулев консультантги.
Цоги. ГьанжелъизегIан РФялъул Федерациялъул Советалъул минаялда цебе рагьараб гурони, Москваялда букIинчIо нижерго хасаб офис. Гьанже гьебги букIине буго. Гьединго ракIалда буго Маккаялда, цохIо хIежалъул заманалда гуребги, кидаго хIалтIулеб букIунеб вакиллъи рагьизе. Гьелъие санагIатаб бакIги батун буго нижеда.
ХIажизабазул гIаммаб база рагьиялъул дагьаб мухIканго бицина. Дица хасаб пароль кьезе буго туроператорасул генералияв директорасухъе.
Гьез хIежалде унев чиясул цIар гьенибе реханиги, дида гьев вихьизе вуго.
КIиабизе, гIемерал рукIуна хIужаби Дагъистаналдаса хIажизаби татаразул яги башкиразул пуланаб компаниялъ, жидеца учузго рачунин хIежалдеянги абун, гьезда цадахъ иналъул. Амма хирияб ракьалде щведал, гьел ратула учузал, жанир, киналгIаги квегIенлъабиго гьечIел гьалбадерил рокъор парахат гьарун. КагIбаялдасаги цIакъго рикIкIад, язихъаб хIалалда ратула нилъер хIажизаби, хIатта автобусалъухъ кьезецин гIарацги хутIичIого. Гьединал «гьоркьохъаби» загьир гьаризелъун нижеца гьабуна киназего рагьараб, эркенаб къагIида. Мисалалъе, хIежалде ине документал жанире кьурав чи жиндирго цIаралда гъоркь нижер сайталде ваккани, гьесда батизе буго кинабго баян. Дуца кибе гIарац кьун букIараб, дур сапар щиб къоялъ бугеб, кинаб къокъагун мун вугев ва щив дур нухмалъулев кколев, гьединго дуе виза бачIун бугищ- гьечIищали кинабго хIажатаб баян батизе буго гьениб.
«Гьереси-гьоркьохъаби» ва макручагIаз хIулулел хIажизаби
— МакручагIаз хIажизаби гуккиялъул хIакъалъулъ дагьаб мухIкан гьабуни бокьилаан.
— Жакъа гIемерал руго гьединал чагIи. Мисалалъе, Дербенталда букIана гьедин хIалтIулеб къокъа. Россиялъул цогидал регионаздасаги рачIун, жидер квота гIолеб гьечIилан, жалгун цадахъ рилълъайилан рачунел руго гьез нилъер хIажизаби. Гьединал «гьоркьохъаби» тIатинарулел руго нижеца.
Гьанже, цебе гIадин гуреб, кинавго чиясул рес буго хIакъикъат рокъовги вукIун лъазабизе (интернет бугелъул).
Жакъа Россиялда буго хIежалде гIадамал ритIулеб официалияб ичIго компания. Гьел гурел цогидал щакал гIадамазулгун бухьен щай гьабулеб бетIерги хIалтIулев, гIакълуги бугев чияс? Дагьаб цебегIан инстаграмалда бихьана цо гьединал макручагIаз лъазаби тIибитIизабун, нусазарго гъурщиде хIежалде рачине кIолин, жидергун бухьен гьабейилан. Жакъа нусазарго гъурщиде хIежалдерачунаро, гьеб буго гьереси. Гьединал гьерсихъабазда божуге.Гьел хIиллачагIаз махсарадеги ккун, анищлъун букIараб хирияб ракьалде рачарал ракьцоял ратула гьезги рехун тун, гурхIараб хIалалда. ТалихI кьеги, кумек гьабе жидеейилан гIодиялде ккун рукIуна гьел.
Кумек гьабичIого кинха телеб бусурбанчиясе? Амма гьел махсараде ккурал чагIаз гьабулеб жо буго я пачалихъалъул къануналда, я шаргIалъул хIукмуялда данде кколареб иш. Гьеб хIисабалде босани, цIакъ бокьилаан хIежалде ине къасд ккарав чияс.
ХIежалде ине бажарилин хьул буго
— Жакъа гIемерав чиясе рахIат толареб суал буго дунялалда коронавирусалъ лъугьинабун бугеб ахIвал-хIал. Гьелъ исана хIежалде ине квалквал гьабиладай?
— Иляс ГIумахановасул тIадкъаялда рекъон, дица СагIудиязул ГIарабиялда вугев нилъер вакиласулгун бухьен гьабун букIана гьелъул хIакъикъат лъазабеян.
Гьеб гуребги, РФялъул Динияб идараялъул ругел сурсаталги хIалтIизарун, дицаго бухьен гьабуна Турция, Индонезия, Малайзия ва Иордания гIадал пачалихъазулгун, хIежалде нух щвеялъе гьез щиб гьабулеб бугебали лъазабизе.
СагIудияз изну кьуни, жидеда кIолин 200 000 чи витIизеян абуна Индонезиялъ. Турциялъги абуна жидедаги кIолин 80 000 чи витIизе.
Гьединго ГIумахановас кагъат хъвана нилъее хIежалъул квота бикьулев СагIудиязул ГIарабиялъул министрасухъеги. Гьес жаваб бачIана ахIвал-хIал роцIцIинегIан чIайин абейин нужер хIежалъул компаниязда. Гостиницаби кквезеги, цогидалъухъ харж гьабизеги гIарац цебеккунго битIула гьел компанияз добе.
Нилъер улкаялда буго «ХIежалъул совет» абураб гIуцIиялде гъорлъе унеб анкьго муфтият. Гьезда гъорлъ буго нилъер республикаялъул Динияб идараги. Гьезухъе киназухъего битIана нижехъе бачIараб жаваб. Гьелда гIей гьабун чIечIого, И. ГIумахановас кагъат хъвана РФялъул къватIисел ишазул министрасул заместитель Богдановасухъе, къватIисел пачалихъазда ругел нилъер улкаялдаса киналго вакилзабаз хIежалда хурхун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъикъат лъазабизе букIине. Щай гурелъул, хIажизаби нухарегIулеб туристазулал компанияз хвезабураб гIарац нахъ буссинчIого, гьел налъукье ккани, кIудияб ахIи-хIур бахъунелъулха. Гьедин ккечIого букIине, щиб гьабизе бегьулебали лъазабизе квербакъеян гьарана Иляс ГIумахановас къватIисел улкабазда ругел нилъер вакилзабазда. Гьезги жидерго бухьенал хIалтIизарун, хIакъикъат лъазабулеб буго.
Нижер хьул буго хIеж тIубанго нахъ бахъиларин абураб. Мисалалъе, цIакъго коронавирус тIибитIун бугел пачалихъалги гьоркьоса рахъун, СагIудиязул ГIарабиялъ рес буго хIежалде гIадамал риччазе.
Къокъаялда цадахъ тохтурзабиги ругони, цIикIкIараб ригьалъул чиги виччачIони, дару-сабаб гьабизе санагIатги бугони, гьединал гIорхъичIваял СагIудиязул ГIарабиялъги лъазарун, хьул буго хIежалде ине бажарилин.
Цебеккунги дица бицун букIана исана нижеда кIванин нилъер пачалихъалъе тIадеги 5000 чиясе квота цIикIкIинабизеян. Гьелъул хIасилалда, нилъер улкаялдаса 25000 чиясе рес щолеб букIана исана хIеж борхизе. Гьезда гьоркьоса 10000 бакI ккола нилъер республикаялъе кьураб. Амма, дунялалда бугел ахIвал-хIалалда рекъон, нагагь хIежалде ине рес щваниги, квотаялда рекъон, киназего сапар гьабизе щолареблъи хIакъаб жо буго.
— Соналдаса соналде хиралъулеб буго хIежалъе харж гьабулеб гIарцул багьа…
— БитIараб буго. Амма, аслияб куцалда, гьел хиралъулел руго СагIудиязул ГIарабиялъул дора хIажизабазе чIезарулел шартIазул багьабазда бан. Гостиницабазухъги, Минаялда ругел чадразда кондиционерал лъуралъухъги, транспорталъухъги, цогидал квегIенлъабазухъги багьа бахунеб буго. Гьеб киналъухъго цебеккунго гIарац кьечIого, гьез визаги лъолароан цебе. Исанайин абуни, жибго визадухъги буго гьез 80 доллар чIезабун, гьединго страховкаялъухъги — 45. ГIаммаб къагIидаялъ, исана хиралъун буго 125 долларалъ. Гьеб буго цебеккун букIинчIеб жо.
КIиабилеб гIилла, нилъерго экономикаялда хурхараб: инфляцияги чIечIого хиралъулеб долларги.