ЛъаратIа районалдаса С. ЖахIбаровас цIехолеб буго: «Электросчетчик абонентасул гIайибалдалъун хун гьечIони, гьеб лъица хисизе кколеб, идараялъищ яги живго хважаинасищ?»
Гьаб суалалъе жаваб кьуна Шамил районалъул токалъул подстанциялъул мастер МухIамад МухIамадовас:
— Байбихьуда лъун рукIарал, механикиялин абулел, чIегIераб кьералъул токалъул счетчикалги «Меркурий» абулел счетчикалги хун ратани яги лъикI хIалтIулел ратичIони, хисизе ккола живго хважаинас. ТIадехун бицунел счетчикал хисун, ахирисеб нухалда лъун рукIарал «Каскад» абулел электрониял счетчикал хун ругони, хIукуматалъул хасаб проекталда рекъон, гьел чIорого хисула подстанциялъул хIалтIухъабаз.
«Кида байбихьизе бугеб электронияб варианталда захIматалъулал книжкаби хIалтIизаризе? Бокьани гурони, хIалица гьеб хисизе тIамизе ругищ?»
Гьаб суалалъе жаваб кьуна адвокат ШехмухIамад ГъазимухIамадовас:
— ЗахIматалъулаб книжка электронияб варианталде буссинаби ккола «Цифровая экономика» абулеб миллияб проекталъул тIалаб ва хIалтIухъанасе цIакъ санагIатаб тадбир. Электронияб захIматалъулаб книжка билуларо, бикъуларо, гьелда тIад ругел хIужаби тIагIунаро ва пенсиялде унезе гьеб рахъалъ кинабгIаги квалквал кколаро.
2020 соналда байбихьизе буго электрониял къагIидаялда захIматалъулал книжкаби гьаризе. 2021 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе хIалтIуде лъугьунев чиясул букIине гьечIо кагътил захIматалъулаб книжка, гьесул хIалтIул хIакъалъулъ баянал рукIине руго электронияб къагIидаялда.
Кагътил варианталда захIматалъулаб книжка цIунизе бокьарас 2021 соналъул тIоцебесеб январь щвелалде хIалтIикьолесухъе гIарза хъвазе ккола.
Такрар гьабила, гIемер дандчIвала цIа ккеялдалъун, сейф бикъиялдалъун, гьадинго билун, кагътил документ тIагIиналъул хIужаби, захIматалъулал книжкаби электронияллъун гьариялдалъун гьел квалквалал рукIине гьечIо. Гьебмехалда гIарацги кьун, книжкаялъул бланк босизе кколаро, гьеб цIуниялъул ва гьелда хъвай-хъвагIай гьабиялъул ургъел гьабизе кколаро, гьединго хIалтIикьолесе бигьалъи букIуна рикIкIада вугев хIалтIухъанасулгун бухьен кквезе.
ЦIумада районалъул Гьигьалъ росулъа ШамилхIажил вас Муридица цIехолеб буго: «Дун ккола Гьигьалъ росдал гьоркьохъеб школалъул музыкаялъул учитель. Дир буго хасаб музыкалияб лъай. Дихъ буго РЦДОялъул искусствоялъул отделалъул халкъиял музыкалиял алатазда (пандур, хъумуз, аргъан, щвантIих) бакънал рачине лъимал ругьун гьариялъул группаялъул бащдаб ставка. Законалда рекъон, анкьида жаниб дица цо лъималазе кьезе ккола кIиго сагIат. ХIисаб гьабидал, дир группаялда букIине ккола ункъо-щуго лъимер. Цебеялдаса нахъего гьеб гьедин букIана. Исана РЦДОялъул директорас дихъа тIалаб гьабулеб буго группаялъул 15 чиясул сияхI, гьеб ккола 30 сагIат. Дица гьесда абуна, законалда рекъон, щибаб лъимаде дица дарсал батIа-батIаго кьезе кколин. Районалъул Лъай кьеялъул управлениялъул начальникасулги буго гьебго тIалаб. Бихьулеб буго «ХIакъикъаталдасан» гурони дие кумек щвезехъин гьечIеблъи. Гьарула дир суалалъе мухIканаб жаваб кьеян».
Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул учительзабазул ва гIелмиял хIалтIухъабазул профсоюзалъул рескомалъул юрист Мансур МухIамадсагIидовас:
— РЦДОялъул директорас духъа группаялъул 15 чиясул сияхI тIалаб гьаби, законалда рекъон, битIараб ккола. Хасаб программаялда рекъон, профессионалияб даражаялда музыкалиял алатазда бакънал рачине дуца лъимал хIадурулел ругони, группаялда вукIуна цо-кIиго чи. Школалда тIадеги лъай-махщел кьеялъул программаялда хIалтIулеб группаялда вукIине ккола бищун дагьав 15 цIалдохъан. Дуе лъикIаб букIина директорас малъараб гьабуни, гурони, гьес цересел соназда дуе кьурал харжазул ревизия гьабизе бегьула.
Хадусеб кIиго суалалъе жаваб кьуна ДРялъул пенсиялъул фондалъул пенсия чIезабиялъул ва гьелъул хIисаб-суал гьабиялъул нухмалъулесул заместитель ГIайшат КIудиямухIамадовалъ.
Унсоколо районалъул ЦIатIанихъ росулъа ЭхомухIамад Камалудиновас цIехолеб буго: «Дун ккола 97 сон барав пенсионер, хIалтIул стаж буго 70 сон. Дие кьуна 13 орден-медаль ва ункъо баркала. Дун гIадал бажариги лъайги бугел чагIи тылалда хIажат ругин абун, гIарза кьуниги, дун рагъде витIичIо. КватIичIого дица нусго сон базе бугелъул, лъазе бокьилаан дир гIадаб ригьалъул чагIазе хIукуматалъ цо миллион гъурущ ялъуни санаториябгун курорталъулаб бакIалда секция кьолин абулеб жо битIараб бугищали».
— Нусго сон банин абун, ЭхомухIамад Камалудиновасе Пенсиялъул фондалъул рахъалдаса тIаде кьолеб гIарац яги цоги кинабгIаги бигьалъи букIунаро. 2013 соналъул 28 декабралда къабул гьабураб №400 Федералияб законалъул 17-абилеб статьяялъул 1-себ бутIаялда рекъон, 80 сон барав чиясе, гьес хитIаб гьабичIого, чIезабураб (фиксированный) страховияб пенсиялъул базовияб роцен кIиго нухалъ цIикIкIинабула (5686х2). Гьединго, гьес гIарза хъвани, гьесда хадуб хъулухъ гьабулев хIалтIуларев чиясе кьола 1200 гъурущ.
ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб рахъалъ цIуниялъул министерствоялъул хIалтIухъан ГIайшат МухIамадовалъ абуна:
— 80 сон байдал пенсия цIикIкIинаби гурони, 100 сон банин абун, нижер министерствоялъул рахъалдасаги пенсионерасе гьабулеб кинабгIаги кумек-бигьалъи букIунаро, — ян.
Гумбет районалъул Игьали росулъа МухIамадова Сайгибатица цIехолеб буго: «Дун ккола анкьго лъимадул эбел. Дида рагIана 1993 соналде щвелалде гьарурал лъимал ругони, дир пенсиялде тIаде гIарац бачIунин абун. Нижер районалъул пенсиялъул фондалда дица абуна, дир пенсия гьитIинаб букIиналъ, дие гьеб щоларин. Исанаги гьез абуна, лъимал тIад хъвани, гьадингоги гьитIинаб дир пенсиялда тIаса 100 гъурущ бахъулин абун.
Гражданал къабул гьарулеб отделалда абуна, «лъимал гIемерай эбел» абун пенсиялде ун ятани, гьеб пенсиялда гъорлъе унин. Лъазе бокьилаан битIараб жаваб».
— Лъимер гIемер ругебгIан пенсия цIикIкIине ккола. Амма жийго Сайгибатги гьелъул хIисаб гьабизе Пенсиялъул фондалде ячIине ккола. Кинабго бараб букIуна гьелъул ригьалда, хIалтIул стажалда, щолеб букIараб харжалда. Законалда хъван гьечIо, пенсия пуланаб къадаралда цIикIкIине кколин абун. ХIисаб гьабуни, чара гьечIого Сайгибатил пенсия цIикIкIине бугин абизе дида кIоларо.
Жеги мухIканаб жаваб къваригIани, ахIе ГIайшатил гьаб номералде: 8-988-296-79-83.
ГIахьвахъ районалъул ЖКХялъул хIалтIухъабаз хъвалеб буго: «Нижее харж кьечIелдаса ана лъагIелгун кIиго моцI. Гьеб кколарищ закон хвезаби?»
Гьаб суалалъе жаваб кьуна ГIахьвахъ районалъул администрациялъул хIалтIухъан ХIажимурад ГIалидибировас:
— Районалъул ЖКХялда хIалтIулев лъабго чиясе нижеца моцIрода жаниб кIиго нухалда харж кьола. Гьаб суалалда гIарз гьабулел чагIи ккола районалда кьищни бакIаризе ва канализация хIалтIизабизе «Дагъэкосеть» абулеб регионалияб компаниялъулгун къотIи-къай гьабурав ункъо-щуго чи. Гьеб хIалтIи гьабизе абун, районалъул администрациялъ 2019 соналъул тIоцебесеб бащдаб лъагIелалъ гьеб идараялъул счеталде рехана 500 азарго гъурущ, кIиабилеб бащдаб лъагIелалъ гьелъ хIалтIи гьабичIо, гьединлъидал нижеца гIарацги кьечIо.
Жидерго машина бугев лъабго чиясе «Дагъэкосеталъ» харж кьуна, кIиго чиясе жеги харж щун гьечIо. Нижеца гьеб суалалъул гIарз гьабуна районалъул прокуратураялде ва судалде, амма щибго хIасил ккечIо.