Жиндир цIаралда сверухъ жеги дагIба лъугIичIев Кавказалъул рагъул бахIарчи, Хунзахъа ХIажимурадил хIакъалъулъ нилъеда лъалаан гIицIго Лев Толстоясул къисаялдасанги нахъе цIунун хутIараб магIарулазул халкъияб щуго кочIодасанги.
Гьанже гьеб лъай бечелъана тарихиял гIелмабазул кандидат ПатIимат ТахIнаевалъ къватIибе биччараб «Хунзахъа ХIажимурад» абураб тIехьалдалъунги. Гьей гьелда тIад хIалтIана ункъо соналъ.
ТIехь хъвазе ккана Толстоясе гIоло
ХIажимурадил хIакъалъулъ тIехь хъвазе ПатIимат тIамун йиго дунялалдаго машгьураб Толстоясул къисаялда ратарал дандеккунгутIабаз.
Лъалеб букIахъе, Лев Толстоясе «ХIажимурад» кколаан бищунго къиматаб асарлъун. КигIан гьараниги, живго чIаго вукIаго, гьес гьеб цониги басмаханаялъе бичунги гьечIо. ГIицIго хъвадарухъан хведал гурони, къватIибеги биччачIо гьеб.
Амма лъимерлъудаго бичIчIулеб букIанин жинда гьеб къисаялда вихьизавулев чи унго-унгояв ХIажимурад гуревлъиян бицана ПатIимат ТахIнаевалъ гьал къоязда ДГУялда тIобитIараб тIехьалъул презентациялда.
«Кавказалъул рагъул бахIарзал жеги ругелъул – КъебедмухIамадги, Ахъбердил МухIамадги, цогидалги. Гьединлъидал хас гьабун ХIажимурад щай дуца тIаса вищарав?» — илан гьикъана гьелда наибасул ракьцояв, политолог ва журналист ХIабиб МухIамадовас.
«Дун Толстоясда божичIогоха. Гьес вихьизавурав чи вукIана нилъее, магIарулазе, тIуванго чиярав чи. ХIисаб гьабе нужецаго. Толстояс хъвавухъе, ХIажимурадица Лорис-Меликовасе бицунеб буго имам ХIамзатил гIадамаз Баху-бикал васал рухулеб мехалда жив цо кIкIалахъ вахчунги чIун, хIинкъун Хунзахъе лъутанила. Жиндир рахьдал вацал чияца рухулеб мехалда магIарулав вахчун чIанин абураб жоялда дун гьитIинаб мехалдацин божун йикIинчIо», — ян бицана ПатIимат ТахIнаевалъ.
Гьелъул божилъи хвезабун буго-ан жиндие эбелалъ кинидахъ ахIулеб букIараб кочIол хIакъалъулъ ХIажимурадил ракIалдещвей Толстояс кьураб куцалъги: ХIажимурадил инсуца лъадуда абула дуца ханасул цоги вас хахизавизе ккелилан. Гьелъ инкар гьабула. Ццим бахъарав инсуца ханжар хьвагIула гьелъул каранде. Дагьав кIудияв гIедал, ХIажимурадица зама-заманалдасан гьарулаан эбелалда доб мехалда инсуца каранда лъураб ругъун бихьеян.
ХIабиб МухIамадовас рехсарал КъебедмухIамадги Ахъбердил МухIамадги жалго тун, хас гьабун ХIажимурадил хIакъалъулъ тIехь хъвазе тарихчIужу лъугьиналъе гIиллалъун кколеб буго гьесдехун гьелъул рекIел цIайи букIинги. Амма тIехьалда жаниб жинца гьеб рокьи балъго гьабун танинги бицана гьелъ.
Гьединго ТахIнаевалъ ХIажимурад рикIкIунев вуго Кавказалъул рагъул гIаламатлъун. Гьев хвеялдалъун лъугIизеги лъугIанила гьеб. Гьединлъидал тIехьалда жанибе бачараб 50 сон (рагъ унеб букIараб заман) ХIажимурадил мисалалдалъун бихьизабизе ракIалде ккун буго гьелда.
Гьесул хIакъалъулъ тIехь хъвазе жинхъаго бажаризе букIин ТахIнаевалда бичIчIун буго тарихияб лъабго асар хъван хадуб — «Аргвани», «Аул Чох. Мир ушедших столетий», гьединго «Гуниб, август 1859. «Последние дни джихада в Дагестане…».
Хасго чIахъадерил тIехь хъвалелъулги ХIажимурад кидаго жинда «аскIов вукIанин» ракIалде щвезабуна гьелъ. Гиназ Аргъутинскиясдаса ЧIохъ цIунулевги вукIиндал гьев.
Гьединго жий хьихьарай кIияйго кIудиял улбузулги сабаб кканин жинда тарих битIун бичIчIиялъеян бицана ПатIиматица:
«1903-1905 соназда гьарурал кIудиял улбуз хьихьана дун. Советияб идеологиялъул заралияб кьаби щвечIел гьезул рухIияб рацIцIалъиялъул сабаб ккана диеги».
Дагъистаналда рукIарал
Аргъутил жасусал
ТахIнаевалъ презентациялда бицана жий гуржиязул архивалде яккизе течIила. Амма Санкт-Петербургалда бугеб гиназ Аргутинский-Долгорукиясул архивалъул хал гьабунила. Гьесги гIурус пачаяс Кавказалда тарав вакил Воронцовасги моцIида жаниб кIиго-лъабгониги кагъат хъвалеб букIун буго цоцахъе.
ТахIнаева гIажаиблъун йигоан Аргутинский-Долгоруковасда Шамилил «Имаматалда» жаниб лъугьа-бахъунебщинаб жо лъалеб букIиналда. Хасго ХIажимурадилгун гьесул гьоркьоблъи хвеялъул хIакъалъулъ тIири хутIичIого бицунеб букIун бугила. Дагъистаналда киса-кирго рукIун ругила гиназасул жасусал.
Гьединго къанагIатал документаздасан лъан буго доб мехалда пачаясул армиялъул балъгояб полицияги букIараблъи. Гьелъул чIейги Дербенталда букIун буго. Гьенисан киналго кагътал цин Тифлисалде, хадур Москваялде ритIулаанила.
Амма Россиялъул генералзабазул рагъулал лъазабиязда божизе ккейги букIун батулин ТахIнаевалъе кIудияб масъалаян кIалъана презентациялда Хунзахъа тарихчи ГIалибег Хъазанбиев. Щайгурелъул тIарадаса ахаде щвезегIан гьересиял, гIицIго жидеего шапакъатал щвеялъул мурадалда гьарурал лъазабиял ругила гьел.
Гьелъие Воронцовасул мисалги бачана Хъазанбиевас.
Аскарги гъурун, хIалица Герзелалде ворчIарав Воронцовасда цадахъ азарго чи вукIун вугилан хъван бугила гIурусазул документазда. Гьеб рагIула Воронцовас императорасухъе битIараб лъазаби.
Цинги императорасги хъвала гьелда гъоркь: «ГIурусазул къвакIиялъе кутакаб къиматги кьун цIалана», — ян.
«ХIакъикъаталдайин абуни, гъурун вукIана азарго солдат. Цо рагъулъ ункъо генерал чIвана. Цебе киданиги букIараб жо гуро гьеб. ГъоркьчIелги гьабун, ХIажимурадица щвезабуна гьезда гьединаб кьаби. Гьеле нилъер рукIарал умумул, лъилниги гурел, нилъер», — ин бицана тарихчияс.
Хиянатчи гуро
Жибго тIехьалъул бицунаго, презентация нухда бачунев вукIарав тарихчи МуртазагIали ХIажиевас баян гьабуна наибасул хIакъалъулъ гьесул адаб хварал жалгицин абулелги хъвалелги ругила цо-цояз.
Амма ПатIимат ТахIнаева ХIажимурадие адвокатлъи яги прокурорлъи гьабун, гьев веццизе яги гьесде гIайиб гIунтIизабизе лъугьуней гьечIила. Жиндихъе щварал тарихиял баяназул кьучIги цIехон, гIицIго следовательлъи гьабулеб бугила.
Авторалъ жинцагоги цIалдолездехун хитIаб гьабулеб буго гьеб тIехь гIедегIичIого, кIвар кьун цIалеян. Щайин абуни гьенир ругила церехун нилъелъ риун тIун рукIарал пуланал пикраби риххизаризецин рес бугел хIужаби.
Гьелда бан рехсезе бегьула наиб ХIажимурадица гIурусазул рахъалдеги ун имам Шамилие хиянатлъи гьабунилан цо-цоязул рекIелъ бессараб пикруги.
«Щивасда батIа-батIайисан бичIчIула хиянатлъиялъул магIна. Доб мехалда Имаматалда гIумру гьабулел рукIарал гIадамазда гьикъани, гьев хиянатчи вукIанин абилаан доз. Щайгурелъул Имаматалъул гIорхъи бахун ун вугелъул гьев. Амма ракIалде щвезарилинха дица тIехьалъул ахиралда лъурал, ХIоцоса Нажмудиница гьесде хъварал кочIол мухъалги. Гьес абулеб буго ХIажимурад шагьидлъанин, гьев исламалъул гъалбацI вугилан. Амма лъутулев гуро ХIажимурад вукIарав. Жиндир хъизамалъул ургъалица толев вукIинчIо гьев… Кутакалда чара къосарав чи вукIана гьев. Гьедин гьабичIого ресги букIинчIо гьесул», — ин бицана ПатIимат ТахIнаевалъ.
Цо-цо тарихчагIазин абуни наиб вихьизавула чабхъеназул гурони ургъел букIинчIев хъачагълъунги. Амма, ТахIнаевалъул пикруялда рекъон, цо-цо чабхъенал гьарулаан Имаматалъул нахърател цIеялъе гIоло. ТIокIалъ чIечIого багъулеб пачалихъалъ бетIербахъи сундалъун бугониги гьабизе кколеб букIаралъул.
ХIажимурадица цониги чабхъен гьабичIин Имаматалъул изнуги гьечIогоян баян гьабуна тIехьалъул авторалъ.
Гьединго цо-цо чабхъенал гьарулаанин рагъулал операциял хIисабалдагиян мухIкан гьабуна гьелъ.
ПалхIасил, ПатIимат ТахIнаевалъ ХIажимурад хиянатчилъун рикIкIунев гьечIо, тIадежоялъе, гьединал бугьтанал лъолел чагIаздаги гьарулеб буго тарихалда бакI ккурал гIадамазда гьединал цIарал лъогеян.
«Доб букIана кутакалда захIматаб заман. Баху-Бикаги гьелъул васалги, киналгоги цIан рукIана кIудияб политикаялда гъорлъе. БатIайисан хIалтIизе рес букIинчIо гьезул. Гьединабго хIалалде ккун вукIана ХIажимурадги», — ян ракIалде щвезабуна П. ТахIнаевалъ.