СВОялда ругел ташал

«ХIакъикъат» газеталъул редакциялде ахIун бачIана ЛъаратIа районалъул Таш мухъалъул Хьобохъ росулъа Учкенталда гIумру гьабун вугев Хизри ИманмухIамадовас. Гьес бицана жидее бокьун бугин СВОялда ругел ташдерил гIолохъабазул бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ газеталъул гьурмаздасан бицине.

«СВО байбихьаралдаса нахъе гьелда гIа­хьаллъи гьабурав Мазадаса Ибрагьимов ГIу­байдулагьица (Нажмудинил вас), бахIарчиго рухI кьуна ватIан цIунулаго. Гьес рагъулал гьудулзаби, рухIалда барахщичIого хвасар гьаруна ва кьалул майданалдаса нахъе раччана. Гьесул командованиялъ кIудияб баркала загьир гьабуна гьединаб къвакIараб ракIалъул вас тарбия кьун гIезавуралъухъ гьесул эбел-инсуе. Гьудулзабигун вукIинеги лъалев, лъиего кумекалъе хIалаеги вахъунев ГIубайдулагь кидаго вукIина гьудул-гьалмагълъиялъул рекIелъ. Гьев мустахIикълъана «Орден мужества» медалалъе, щвана Кутузовасул медаль. Руго Баркалаялъул кагъталги.

Гьал мухъал хъвана ГIубайдулагьие ЛъаратIа школалъул магIарул мацIалъул мугIалим ЗайнулгIабид ЗайнулгIабидовас.

Мармар гьецIоялда меседил хIарпаз

БикIила дурги цIар, цIадул бахIарчи.

ЦIадулъе инеги нахъе къачIев дур,

ЦIар нахъе хутIила лъаратIисезе.

СВОялда вуго ташазул лъебергогIанасев гIо­лохъанчи. Масала, Лабазанов Ибрагьим, Къу­ра­мухIамадов Рамазан, ИмангIалиев ГIумар, ГIабдурахIманов ХIасан ва цогидалги.

ЦохIо ташаз гуребги, тIолалго дагъистаниязго бихьизабулеб буго гьениб улкаялъул гуч, гьунар, бахIарчилъи, умумузулго букIараб къва­кIараб яхI-намус ва гьудуллъи. Нилъер гIо­лохъаби бокьараб рецц-бакъалъе мустахIикъал руго. Гьезие нилъеца къуларабго буго бетIер. Кутакалда чIухIаралги руго ниж къуркьи гьечIел гIолохъабаздаса. Щивасул цIар меседил хIарпаз хъвазе мустахIикъалги руго гьел», — ан бицана Хизрица.

Гьез СВОялъул гIахьалчагIазул хIурматалда тIоритIула батIи-батIиял спортивиял турнирал, данделъаби, тадбирал. БитIула гьезие гуманитарияб кумек.

* * *

Хасаб рагъулаб операциялда ругезда гьоркьов вуго ТIинчIуда росулъа Ибрагьим Лабазановги.

ГIагараб ТIинчIуда росулъ школаги лъугIи­забун, гьев ана армиялде хъулухъ гьабизе. 2014 соналъул 30 октябралда Ибрагьимица хъвана контракт ва хъулухъ гьабулев вукIана Чачаналда. СВО байбихьараб къоялдаса нахъе вуго ватIан цIунулезда гъорлъ. Гьес хъулухъ гьабулеб Запорожьеялъул мухъалда букIана цIакъ гьелегьараб рагъулаб ахIвал-хIал.

— Цере унаго, ракетаги щун, дир машинаги гьениб букIараб техникаги бухIана, тIад ретIараб ретIел хутIизегIан. Гьедин гуребани, гьениса нахъе вачIине рес щвезе букIун батиларо диеги, — ян бицана Ибрагьимица. — Дун тIадвуссана Грозныялде, дирго часталде. Гьениса кьуна кIиго моцIалъулаб отпускги.

Отпуск лъугIидал, тIадвуссана Ибрагьим живго вукIараб часталде. Гьев мустахIикълъана «Доблесть II степени», «Участник СВО», «За спасение» шапакъатазе ва медалазе. Бищун захIматаб заман кинаб букIарабин цIехедал, Ибрагьимица абуна: «Бищунго захIматаб заман букIана рагъул цебесеб мухъде витIараб мех. Щайгурелъул нижеда лъалароан щиб гьабизе, кинаб рахъалде ине кколелали, киб речIчIизе кколебали. ХIинкъи букIинчIо, гIурусаз абухъе , «в шоковом состояние» рукIана. Цинги кинабго лъан, нухде ккарабго, ругьунлъана ва щибго къварилъи букIинчIо».

Рагъдаги рукIун рокъоре рачIаразе хехго тIадруссун ине бокьулеб буго. Рокъоб гьезда чIалгIунеб буго. «РакI добе цIалеб бугин» абула гьез. Контракт лъугIун рачIаразги кIиабизеги хъвалеб буго гьеб, добе ракIцIалеб бугинги абун. «Рокъоб цо жо гIолареб хIал букIуна. Лъаларо, щаялиго гьенибе цIайи букIуна, рагъулал гьудулзаби дора рукIиналъги батилаха», — ян абуна Ибрагьимица.

Ибрагьимил буго хъизанги кIиго лъимерги. Жакъа гьев вуго реабилитациялда, сахлъи камил гьабулев.

Аллагьас хехго рагъги лъугIун, рохалида ро­къове тIадруссине хъван батаги нилъер киналго гIолохъабазе.

* * *

Гьебго мухъалъул ТIинчIуда росулъа Халилов МухIамадшарипил хIакъалъулъги абилин чанго рагIи. Гьев гьавуна 1985 соналъул 2 марталда. Начада росдал школалда 11 классги лъугIизабун, ана армиялде. Гьениса тIадвуссиндал, хIалтIизе лъугьана МВДялде. Цинги ана рагъулаб хъулухъ тIубазе, контрактги хъван.

Хасаб рагъулаб операция байбихьараб тIо­цебесеб къоялдаса нахъе вуго гьев ватIан цIунулезда гьоркьов, къвакIараб, хIинкъи гьечIеб ракIгун. Контракт лъугIидал, рокъов чIезе рес букIарав гьев, гьенивго чIана, гьудул-гьалмагъзаби рехун течIо.

МухIамадшарипица бицана: «Гьаб ункъабго соналда жаниб исана гIадинаб захIматаб сон букIинчIин абизе бегьула. Чанги букIана захIмалъи-къварилъи, анкьалдасаги заман бана лъим щоларого. 2024 соналъ рукIана ниж Херсоналъул рахъалда, чIинкIиллъиялда. Гьенирги рукIана гьекъезе лъим щоларого, цIадал лъимги гьекъон. ХьуцIил хIорихъа гьекъезе ккана чанги нухалда. Бихьарабги хIехьон рукIине кколаха», — ян.

МухIамадшарип мустахIикълъана «За отвагу», «Суворовасул орден» ва гьединго Баркалаялъул кагътазе.

МухIамадшарипица гIемераб лъикIлъи ва кумек гьабула цадахъал рагъухъабазе. Кумек гьабуна кьалул майданалдаса гIолохъаби нахъе рачинеги.

Аллагьас цIунаги. Бергьенлъигун нилъер гIоло­хъабиги жидерго хъизамазухъе руссине хъван батаги.

Рукъият ГIалисултанова