ТIелекьа Къебед-МухIамадил цIар лъаларев магIарулав ватиларо. Гьев вукIана Шамилил имаматалда къадру бугев гIалимги наибги. Бицуна, Калугаялда вукIаго, Шамил имамас абулаанила, нагагь Кавказалда щибниги ккани, гIилла-хIасил цIехезе ТIелекьа Къебед-МухIамадихъе айилан. Гьесул васасул яс ккола Хадижат Къабидова. Гьей йикIана Советияб Дагъистаналъул тIоцеесей халкъияй комиссар-чIужугIадан.
Хадижат гьаюна 1910 соналда Казаналда. Гьенире гочинарун рукIана, 1877 соналъул Хъанда-шаригIат къинабидал, гьелда жигараб гIахьаллъи гьабураб ТIелекьа Къебед-МухIамадил тIолабго тухум. Хадубккун Къабидовазул хъизам тIадбуссана Дагъистаналде.
Хадижат гьитIинго бесдаллъана: цин эмен хвана, хадуйго гIумруялдаса ятIалъана эбелги. Ва Хадижат щвезаюна Буйнакскиялда букIараб лъималазул рокъое. Гьелъул кIудияб анищ букIана тIадегIанаб лъай щвезе ва республикаялъулгун улкаялъул жамгIияб ва политикияб гIумруялда жигаралда гIахьаллъизе. Абизе бегьула, гьелъул анищ тIубанилан.
1929 соналда Х. Къабидовалъ лъугIизабуна Дагъистаналъул педагогияб техникум ва байбихьана школалда учительницалъун хIалтIизе. Жеги 20 сон бачIей гIолилалда кватIичIого тIадкъана КъахIиб (гьанжесеб Шамил) районалъул лъай кьеялъул отделалъе нухмалъи гьабизе. 1932-1933 соназда гьей хIалтIана Буйнакскиялъул росдал магIишаталъул школалъул учительницалъунги.
1936 соналда Орджоникидзе шагьаралда тIобитIана Северияб Кавказалъул гIолохъанал руччабазул съезд. Гьелда кIалъазе яхъана 26 сон барай Хадижатги. Гьелъул кIалъаялъ хIикмалъизаруна съездалъул гIахьалчагIи. 1937 соналда заочно лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб руччабазул педагогияб институталъул тарихияб факультет.
Хадуйккун гьей цIалана Москваялда — марксизмалъулгун ленинизмалъул тIадегIанал курсазда. Гьениса тIадюссиндал, хIалтIана ВЛКСМалъул Дагъистан обкомалда – цин инструкторлъун ва хадуйккун – отделалъул нухмалъулейлъун. КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда, 1943 соналда, ВКП(б)ялъул Дагъистан обкомалъул тIоцевесев секретарьлъун вукIарав ГIазиз ГIалиевасул пикруялдаги разилъун, Хадижат тIамуна ДАССРалъул социалияб рахъалъ халкъ хьезабиялъул халкъияй министрлъун. Гьей йикIана тIадегIанаб хъулухъалда тарай тIоцеесей чIужугIадан-дагъистанияй. Гьеб хъулухъалда Х. Къабидова хIалтIана рагъ лъугIизегIан.
Гьеб заман ракIалде щвезабулаго, Хадижатица абулаан, гьанжеги жиндир ракI гъанцIизабулин, доб заманалъул хIакъалъулъ пикру гьабидал. «Кьабун цIурал госпиталалги гIезего гIоларел протезалги. Щолароан гьел гьарулел устарзабиги. Рагъухъаби, кодор тIилалгун, тIаделъулаан диде. ГIемер екерахъдизе ккана, гьеб хIалтIуе хIажатаб цIулги устарзабиги ралагьулаго. Гьебмехалда ругьунлъана дун согIго кIалъазеги, хIажалъани, столалда зар кьабун, кьвари бихьизабизеги. ХIалтIул хIалбихьи гIолеб гьечIеблъи бичIчIулаан дида, амма йорчIизе рес букIинчIо: унеб букIана рагъ…», — ан хъван буго гьелъул ракIалдещвеязда.
1958-1964 соназда Х. Къабидова хIалтIана Дагъистаналъул пачалихъияб руччабазул педагогияб институталъул директорлъун. Гьений йикIана кIикъоялда анлъго студенткаги лъабго преподавательги. Хадижатица кIудияб кIвар кьолаан магIарул ясазул къисматалде. ГIолил ясазе гьей йикIана хIалимай эбеллъунги кьварарай гIадлучIужулъунги. Гьелда лъалаан ракIбатулеб хабар бицун, ясазулъ цIалуде гъирабазабизеги, хIажаталъуб кумекалъул квер бегьизеги, магIарул чIужугIаданалъул намус-яхI цIунуледухъ хьвадизе кколеблъи бичIчIизабизеги. Х. Къабидовалъ куцарал педагогал хIалтIана Дагъистаналъул росабалъгун шагьаразда ва Руччабазул институтлъун букIараб вузалъги жакъа мустахIикъаб бакI ккола улкаялъул пединститутазда гьоркьоб.
Хадижатил хIаракаталъе тIадегIанаб къимат кьуна республикаялъулги улкаялъулги нухмалъиялъ. 1964 соналда гьей мустахIикълъана. «Отличник народного просвещения РСФСР» абураб гIаламаталъе, халкъияб лъай кьеялъе чара гьечIого хIажатал хIалтIухъаби куцаялъухъ. Гьелъие кIицIул кьуна ЗахIматалъул БагIараб Байрахъалъул орден ва ункъцIул — ДАССРалъул Верховный Советалъул президиумалъул ХIурматалъул грамота ва «За оборону Кавказа» абураб медаль. Халкъалъ божилъиги гьабун, гьей йищана ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун ва КПССалъул Дагъистан обкомалъул пленумалъул членлъунги.
Хадижат Къабидова гIумруялдаса ятIалъана 1994 соналда.
Кавсарат Сулейманова

