«Рамазанил тIалъи тIолго халкъалъе»

Анкьабилеб июлалда МахIач­хъа­лаялда, Поэзиялъул театралда, тIобитIана Дагъистаналъул бе­тIер­лъун вукIарав, философиял гIелмабазул доктор, профессор Рамазан ГIабдулатIиповас 80 сон тIубаялъе сайгъат гьабураб «Рамазанил тIалъи тIолго халкъалъе» абураб тIехьалъул цебелъей. Къур­бан КIулизановас данде гьабураб гьеб тIехьалде росун руго Р. ГIабдулатIиповасе магIарулаз сай­гъат гьарурал шигIриял ва хабариял асарал.

Дандеруссиналъул байбихьуда Ра­мазан ГIабдулатIиповас ракIал­де щвезаруна Дагъистаналъул бе­тIер­­лъуде живго вачIарал сонал, дандчIварал захIмалъаби, хIалтIул ккарал хIасилал.

— Дагъистанги дагъистаниялги дие рукIана, руго ва хутIизеги ру­го бищунго бахIарчияллъун. Ни­лъер буго дунялго бахилаб тарихги, адабиятги, культураги. Гьеб цIунана ни­жецаги, чIахIияб гIелалъ, ва цIунизе тIадаб буго хадусеб г1елалдаги. ДандчIвана чанги захIмалъабигунги квалквалалгунги. Амма гьел къезаризе къуват кьуна гIагараб халкъалде бугеб рокьиялъ, — илан абуна гьес.

Тадбир нухда бачунев Къ. КIулизановасги бицана ГIабдула­тIиповасул хIалтIулаб биографиялъул, тIехьалда тIад хIалтIиялъул. Гьединго гьес кIвар кьуна Рамазан ХIажимурадовичасул творчествоялъулал лахIзатазде.

— Исана 80 сон тIубала Рамазан ГIабдулатIипов гьавуралдаса. Ва ракIалде ккана ракьцоясе кинаб бугониги сайгъат гьабизе, ай гьесие сайгъат гьарурал асараздаса тIехь данде гьабизе. Живго Рамазанил кумекалдалъун бажарана гьеб пикру гIумруялде бахъинабун. КIудияб махщел буго гьесул суратал рахъизеги. Жиндир мурад суратал рахъи гурин, жинца гьезулъ лъолин жиндирго рухIияб дунялалда бакI гIечIого хутIанщинабиланги абула гьес. Хъвала Рамазаница кучIдулги. Хъван магIарул пандургун, ахIула кечIги. Жиндирго кучIдузе хъвала бакъналги, — ян бицана Къурбаница.

Р. ГIабдулатIиповасда тIаде щолеб бугеб юбилей баркана ЛъаратIа районалъул бетIер Мурад Рамазановас, профессор, техникиял гIелмабазул доктор Шамил ГIалиевас, машгьурав спортсмен, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Сул­тIан Ибрагьимовас, филологиял гIелмабазул доктор, профессор МухIамад МухIамадовас, Халкъияб Собраниялъу­л депутат Эсенбулат МухIамадовас ва Халкъияб Собраниялъул депутат, МахIачхъала шагьаралъул №1 больницаялъул бетIерав тохтур ХIа­жи­мурад Малаевас, Дагъистаналъул халкъиял шагIирзаби Залму Батиро­валъ ва КъурбанмухIамад МухIамадовас, шагIирзаби АсхIабгIали ХIа­са­новас, Мурад АхIмадовас, Залму Му­хIамадовалъ, ГIайшат Ибрагьи­мовалъ, Мурад АхIмадовас, «ХIа­къикъат» газеталъул бетIерав редактор Темирхан ХIасановас ва цо­гидазги. ШагIирзабаз цIалана Рамазан ХIа­жимурадовичасде жидецаго хъварал асаралги.

Рамазан ГIабдулатIипов Дагъистаналъул бетIерлъуде вачIиналдаго цадахъ гIемерал кагътал рачIун рукIана газеталъул редакциялде гьесие сайгъат гьарурал кучIдулгун, макъалабигун. Гьел киналго дандеги гьарун, гьитIинабго тIехь биччан букIана «ХIакъикъат» газеталъги. Гьениса росарал асаралги кьун руго цIияб тIехьалда.

ТIехь берцин гьабун буго Рамзан ГIабдулатIиповасул къисматалъул бицунел суратазги.

Шамай Хъазанбиева