Ахираб заманалда гIемерлъулел руго исламияб диналъул цIех-рех гьабулелги, гьеб дин къабул гьабизе бокьаралги. Европаялде, Азиялде, Америкаялде, Австралиялде, ай дунялалъул батIи-батIиял бакIазде исламияб динги лъайги цебего щун букIана. Нилъеда лъала дунялалдаго машгьурал И. Гетте, Л. Толстой, Б. Шоу гIадал гIадамаз исламалъул хIакъалъулъ абурал рагIаби, гьез диналъе кьураб къимат. Гьаб макъалаялдайин абуни бокьун буго жидер цIар дунялалдаго рагIарал цо-цо чагIаз исламалъулги бусурбабазулги хIакъалъулъ бицунеб бугеб жо нужееги загьир гьабизе.
Рейчел Финч — 2009 соналъул «берцинлъиялъул къирал»
Рейчел ккола 2009 соналъ Австралиялда тIобитIараб берцинлъиялъул къецалда тIоцебесеб бакI щварай гIадан. Гьей йиго рекIелгъеялъул, берцинлъиялъул, модабазул бицун передачаби рахъарай, берцинлъиялъул рахъалъ къецал гIуцIарай, телевидениялъул машгьурай хIалтIухъан.
Цо нухалъ Рейчелица хIукму гьабула, исламияб къагIидаялъ ретIелги ретIун, бусурбабазда цадахъ, гьезул рукIа-рахъин лъазабиялъул мурадалда цо къо тIамизе. Бусурбаби гIемераб бакI Австралия букIаниги, гьеб къоялде щвезегIан исламалъулги бусурбабазулги хIакъалъулъ гьабин абизе жо Рейчелида лъалароан.
Пуланаб къоялъ Австралиялъул бищунго берцинай яс («берцинлъиялъул къиралин» абун цIар лъурай гIадан) цо бусурбабазул хъизамалъухъе гьоболлъухъ ана. Фотомодель Рейчел Финч къабул гьаюрай гIадан Ребекка Кей йикIана чанго соналъ цебе ислам босарай, ункъо лъимадул эбел. ШаргIияб ретIелги ретIун, Рейчелги Ребеккаги гIемерал бакIазде щвана: исламалъул централде, тукабазде, садакъа-вакъфу гьабулеб бакIалде, бусурбаби кваналеб жамагIаталде гъорлъе, мажгиталде.
Мажгиталда бараб заман бищунго кIочон толареблъун лъугьун буго Рейчелие. РагIабаз бицун хIалкIолареб, загьир гьабизе бачIунареб рахIатги, хIалхьейги, цо батIияб парахалъиги щванила жиндие мажгиталда йигебгIан заманалдаян бицана гьелъ хадуб. Исламалда рекъараб ретIел ретIиндал, гьей йихьараз абулеб букIана кутакалда рекъонкколеб бугин абун. Жийго Рейчелиеги кутакалда рекIее гIуна бусурбабазул ретIел. Гьелъ абуна: «ЦIакъ рахIатаб, парахатаб, берцинаб, руччабазда рекъонкколеб, чIужугIаданалъе чIурканлъи кьолеб ретIел буго бусурбабазул. ШаргIияб ратIлица гIадин, сунцаниги берцинги хIеренги гьарулел рукIун гьечIо руччаби. Дида бичIчIана исламалъ чIужугIадан тIадегIан гьаюлей йикIин», — ан абуна гьелъ ва баркала кьуна жиндие исламалъул берцинлъи рагьарай Ребеккал хъизамалъе.
Цебеккун жинда лъалеб букIинчIеб, берцинаб, бацIцIадаб, рахIмуялъул цIураб ислам бихьизабунин гьел бусурбабаз жиндаян бицана гьелъ хадубги. «Маданият гIемераб, гIамал батIияб жамгIияталда гъоркьор гIумру гьабун ругебгIан мехалъ, щивав чиясда лъазе ккола унго-унгояб исламалъул бацIцIалъи. Чияца бицунеб рагIарабщиналдаги божун, къосараб пикругун тIирун чIечIого, унго-унгояб ислам, бусурбабазул хIал лъазе ккани, гьезда гъорлъ гIумру гьабизе, гьезул къануназда рекъон хьвадизе кколеблъи бичIчIана дида. Гьел рукIун руго кутакалда гIакъилал, камилал, адаб цIунизе лъалел, берцинал хъизамалги гIуцIулел, хIалтIиги бокьулел, гIамал-тIабигIатги сахал чагIи. Гьезул хIакъалъулъ СМИяз бицунебщинаб хъублъиги бугьтанги букIун буго. ХIакъикъиял бусурбабазе къимат кьезе ккани, гьезда гъорлъ гIумру гьабизе кколеб букIун буго», — ян абуна Рейчел Финчица.

ГIумар Риган — актер, бусурбанчи
Махсара-хочI гIемерав, кополав актер вукIиналъ хехго халкъалъул рекIелъе лъугьана ГIумар Риган. Кидаго халкъалда цеве кIалъазе вахъунев, халкъалъул берзукь вукIунев актер вуго гьев. Цо данделъиялда гьес абуна: «Цо нухалъ дун вукIана сценаялда нахъа. Нужеда лъалей ятилаха Бейонсе (Америкаялъул кочIохъан, кьурдухъан, модель). Гьенив сценаялда нахъа вукIаго, тохлъукьего Бейонсе йихьана дида. Гьелъул унго-унгояб куц бихьидал, дир кутакалда ракIбуссана гьелдаса. Огь, БетIергьан Аллагь, цо дида бихьараб жо нужедаги бихьун букIарабани! Устарас регъечIеб цо лага жиндирго букIун батиларин гьелдайин абуни, мекъи букIинарин ккола. ТIаса лъугьа дидаса, амма гьалеха, ракIбацIцIадго бицунеб буго, доб телевизоралдасанги СМИяздасанги кьолеб баян, бихьизабулеб сипат, хIакъикъаталдаги дандекколеб жо букIун гьечIо. Телевизоралъухъ балагьаразда ккелаха, унго, цо берцинлъи, гьайбатлъи балагьейин абун. Амма гьенир ракун рукIунел киналго чирахъалги свинарун, гьурмада, черхалда баха-бакарабги бацIцIун, тIад рекIинабурабщинабги нахъе бахъун, унго-унгояй чIужугIаданалъул нахъе хутIараб сипаталъухъ балагьани, цIакъ сурараб сипатха хутIулеб гьеб бакIалда. Вабабай, нилъ махсараде кколел рукIун ругеб куц, цо сури гьаб рижиялъулин ккола ракIалде. ХIакъикъаталдаги нилъ махсараде кколел куцха Голливудалъ.
Дица гьал рагIабаздалъун Бейонсеги, гьелда релълъарал Голливудалъул цоги руччабиги къабихI гьаризелъун бицунеб жо гуро гьаб, гIицIго дирго беразда бихьараб, дида батараб хIакъикъаталъул бицунеб буго.
ХIижаб ретIарал ясазул рацIцIалъиялдаги, тIабигIияб берцинлъиялдаги, ургъун рахъарал, гIуцIун лъурал Голливудалъул ясаздаги гьоркьоб зобалаздаги ракьалдаги гьоркьобгIанаб батIалъи буго. Гьаб бакIалда цо хIарпалдалъунгицин кIодо гьабун бицунеб гьечIо дица гьезул хIакъалъулъ. ХIакъикъаталдаги халгьабуни, гьел Бейонсе ва Огилера гIадал сценаялъул руччабаздаса нусго нухалъ берциналги гьайбаталги руго хIижаб ретIарал бусурбанал руччаби. Гьале дица, бихьинчияс гIадин, ракIрагьун загьир гьабулеб буго нужее дирго пикру. ГIицIго цо хIужа босилин — шаргIияб ретIел ретIарай чIужугIадан йихьидал, дуда гIицIго Аллагь гурони ракIалде щоларо, тIокIаб батIияб хивалги рекIелъе бачIунаро. Дуцаго гьабулебщинаб квешлъиялдаса рикIкIалъизе яхI бахъула, ракIбацIцIад гьабиялда тIад ургъула, къокъго абуни, дурго гIамал лъикIалде ахIула. Гьелъул гIаксалда, я беразул кьер, я гьурмал куц, я лугбузул роцен, щибго жо жидерго гьечIел, кинабго тIад рекIинабурал, хисизабурал Голливудалъул ясикIаби рихьидал, инсанасул бидулъ щайтIан гурони хьвадизе лъугьунаро. БитIараб бицани, дие мисалалъе, гьеб заманалда рекъезабураб (гIуцIа-кIутIараб) берцинлъи бокьиларо. Хадусеб мисал, нужецаго хIисаб гьабе, кутакалда берцинго къачIан столалда лъун буго гьайбатаб торт. Амма кваназе гьесидал, гьеб пластикалъул гьабураб батулеб буго. Бицеха, лъие гьединаб торт хIажат бугеб? Дие, мисалалъе, гьединаб торт бокьиларо.
ТIабигIияб гуреб, ургъун бахъараб берцинлъиялъул щибго пайда ва баракат букIунаро. Голливудалъул руччаби къабихI гьаризелъун абулел рагIабиги гуро дир гьал. ГIицIго дидаго бихьараб хIакъикъат бицунеб буго. Исламалъул берцинлъиялде дандеккун Голливуд гьадингояб жо буго».
Кейнан ГIабди Варсам — композитор, шагIир, кочIохъан
ГIемер рукIуна исламалъе гIоло жидерго буголъи кьолел, хIажатазе кумек гьабулел гIадамал. Гьединаздасан ккола Кейнанги. Гьес бицана исламалъ гурони малъичIила жинда ракI-ракIалъ, жиндие щолеб пайда-хайиралъухъ балагьичIого чияе кумек гьабизе. «Дидаса бажарараб кумек дица гьабула гIадамазе. Щивав чиясдаги тIадаб бугин рикIкIуна жиндаса бажарараб кумек чияе гьабизе. ГIадамазе лъикIлъи гьабичIев, садакъа-хайрат кьечIев чи дица рикIкIуна пакъирав чи вугин. Ислам лъаралдаса бикьулеб жо цIикIкIана дир, садакъа гIемерлъана. Щайгурелъул, гьеб диналъ инсанасда малъула жиндиего щвезе бугеб пайдаялъухъ балагьичIого, щибго данде тIалаб гьабичIого, гIицIго Аллагьасе гIоло, ракI-ракIалъ лъикIлъи гьабизе кколеблъи, рихьдаего гIамал гьабизе бегьунгутIи. Исламалъ малъулеб бищунго дие къабулаб, рекIелъ босараб жо ккана «бахчун садакъа кьей, балъгого гIаданлъи гьаби» абурал рагIаби, рихьдаего садакъа гьабизе бегьунгутIи, гIицIго Аллагьасе гIоло лъикIлъи гьаби. Гьеле гьединаб тIадегIанлъи, гьединаб рацIцIалъи исламалда батидал бичIчIана дида гьелдаса бацIцIадаб, ритIухъаб дин дунялалда тIад гьечIолъи. Исламалъ малъухъе гьабураб гIамалалдаса тIадегIанабги лъикIабги гIамал цониги гьечIо дунялалда», — ян бицана гьес.

Мариям Франсуа Серра — Британиялдаса актриса
«Дие ислам хиралъиялъе аслияб сабаблъун ккана Къуръанги Аварагасул хIадисалги. ТIоцебе дица исламалъул хIакъалъулъ щиб-щибниги жо цIалулаан, дирго гьалмагъзабазда (бусурбабазда) нуж къосунел ругин, исламалда гьедин гьечIин абизелъун гIоло. Хадуб, дагь-дагьккун гьел кантIизаризелъун цIалулеб букIараб исламалъ, дунго мукIур гьаюна. Дир ракI хIайранлъизабуна гьелъул берцинлъиялъ, тIадегIанлъиялъ, тIокIлъиялъ. ХIикмалъизе бачIана бищунго захIматал гIумруялъул суалазе гIадатиял, рагIа-ракьанде щварал жавабал Къуръаналда ратидал. Дие бищунго захIматаблъун букIараб «гIадан дунялалда вижиялъе гIилла щиб?» абураб суалалъегицин жаваб батана дида Къуръаналда.
Цо-цояз рикIкIунеб буго нилъеца гIумру гьабун бугеб заманалде, маданияталде дандекколареб рукIа-рахъин бугин исламалда абун. ХIакъикъаталдаги гьел мекъи руго. Мисалалъе, бусурбанчIужу хIисабалда, гIемер миллатазул, маданияталъул британцазде, гьезул рукIа-рахъиналде дандекколареблъун гьечIо дир гIумру. Гьелъул гIаксалда, дица кидаго лъикIаблъун, ритIухъаблъун рикIкIунеб букIарабщинаб къанун, дида исламалда батана. Аслияб жо буго нилъерго хасаб нух батизе кIвей: бусурбан диналдаги Британиялъул цебетIеялдаги рекъонкколеб дирго хасаб нух батизе кIвей, бокьараб бакIалда цее яхъиндал бахIсал гьаризе бажарулеб, гIадамал мукIур гьаризе кIолеб лъай букIин. Исламалъ гIадан лъикIалде гурони ахIуларо, гIаданлъиялъул гурони нухги бихьизабуларо, квешабщиналдасаги нахъги чIвала. Дир ракIчIола МухIамад аварагасде бачIараб динги кинабго рахъалъ камилаб, цIубараб, сундулъго гIурхъичIвараб букIин.
МухIамад аварагасул гIумру нилъее киназего мисаллъун буго сундулго рахъалъ. КигIан кIудияб квешлъи дуе гьабулеб бугониги, чияе лъикIлъи гурони гьабизе бегьунгутIи малъула, Аллагьасул ритIухълъи сундулъго букIин бичIчIизабула, квешлъиялде данде лъикIлъи гьабейин абула. Исламалъул берцинлъи нилъеда бихьула щивав чияс жиндирго гIамал-хасият лъикIлъизабиялдалъун, исламияб тIабигIат билълъанхъизабиялдалъун, сундулъго адаб цIуниялдалъун».
МухIамад ХIабибов
